1 Thessalonians 2
Павелги фессалоникиялги
1Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачӏин гӏадада ккечӏеблъи. 2Гьенире рачӏиналде Филиппиялда нижее кьураб гӏазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечӏейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракӏал къвакӏизаруна, гьесдасан бачӏараб Рохалил хабар нужееги бицине букӏине. 3Нижер рагӏабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекӏкӏ гьечӏо. 4Рохалил хабар тӏибитӏизабизе мустахӏикъал гӏадамаллъун Аллагьас ниж рикӏкӏиндалин нижер рагӏаби гьединал ругел. Гӏадамал разилъи гуреб, нижер ракӏазул хӏалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. 5Гьересияб рецц-бакъалъул рагӏабигун рачӏинчӏо ниж гьенире, ва боцӏи-рикъзиялде хъантӏиги бахчун букӏинчӏо нижер рагӏабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугӏлъун. 6Нижеца гӏадамаздаса рецц-бакъ тӏалаб гьабичӏо – я нужедаса, яги цогидаздаса. 7Масихӏил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гӏадин, цӏакъ хӏеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор. 8Нуж нижее цӏакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гӏоло рухӏ кьезеги разилъилаан ниж. Гьедигӏанги хиралъана нуж нижее. 9Нужеда ракӏалда батила гьениб нижеда бихьараб захӏмат-гӏакъуба: нужер лъиданиги тӏад раччун рукӏинарилан, къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏана нижерго бетӏербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна. 10Нужги Аллагьги нугӏзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букӏараб ракӏбацӏцӏалъиялъеги, ритӏухълъиялъеги, гӏайиб-хатӏа ккезе биччачӏолъиялъеги. 11– 12Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго Парччахӏлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутӏа босизе ахӏарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гӏадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракӏгьесизабураблъи. 13Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагӏи бицараб мехалъ, гьелъухъ гӏенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букӏиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел. 14Аллагьасде ва Гӏиса Масихӏиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагӏатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутӏаз гьезие кьураб гӏадинаб гӏазаб-гӏакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. 15Жугьутӏаз чӏвана Тӏадегӏанав Гӏисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гӏадамазда дандечӏунги руго гьел! 16Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекӏен гьабуна жугьутӏаз. Гьелдалъун тӏубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтӏана гьезде.Тимофей Фессалоникаялде витӏула
17Доб мехалъ нужедаса ратӏалъизе ккедал, – нижго рикӏкӏалъаниги, ракӏалда нужгун рукӏиндал, – нуж рихьизе дагьабги цӏикӏкӏун хӏаракат бахъулеб букӏана, вацал, нижеца. 18Гьединлъидал нужехъе рачӏине къачӏан рукӏана ниж, – дун Павелги чанцӏулго къачӏан вукӏана, – амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее. 19Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏ вачӏараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? 20Нуж руго нижер чӏухӏиги рохелги!
Copyright information for
AvaIBTNT