‏ 1 Thessalonians 3

1Гьединлъидал, нужедаса ратӏалъи хӏехьезе кӏвечӏеб мехалъ, нижеца хӏукму гьабуна, нижгоги Афиниялда чӏун, 2нужехъе Тимофей витӏизе. Гьев вуго, Масихӏил хӏакъалъулъ Рохалил хабар нижеда цадахъ тӏибитӏизабун, Аллагьасе хъулухъ гьабурав нижер вац. Гьев витӏана нужер ракӏбатизабизе, иман щулалъизабизе, 3ва гьеб гӏазаб-гӏакъубаялдалъун нужер цонигияв къосунгутӏизе. Нужеда лъала гьеб гӏазаб-гӏакъуба Аллагьас нилъее бихьизабун букӏин. 4Ниж гьенир ругеб мехалъго нижеца нужеда абун букӏинчӏищ гьеб гӏазаб-гӏакъуба гьечӏого нилъ хутӏиларилан? Гьедин ккараблъиги бихьулеб буго нужеда. 5Гьединлъидалин, ратӏалъи хӏехьезе кӏвечӏого, дица нужехъе Тимофей витӏарав, нужер иман щулаго бугищали лъазе. Илбисалъ нужги къосинарун нижер кинабго хӏаракат гӏадада ккезе бегьилищ?!

6Гьанже Тимофей тӏадвуссун вачӏана ва гьес лъикӏаб хабар бачӏана нужер иманалъулги рокьиялъулги хӏакъалъулъ. Гьес бицана, лъикӏалдалъун рехсон, ниж ракӏалде щвезарулел ругин нужеца ва, нуж рихьизе нижее бокьун бугеб гӏадин, ниж рихьизе нужги урхъун ругилан. 7Гьединлъидал, вацал, киналго балагьалги гӏазаб-гӏакъубаги хӏехьон ругел нижер ракӏал гӏодоре риччана, нужер иманалъул бициндал. 8Нижер чӏаголъи бараб буго кьуричӏого нуж Тӏадегӏанасда божун чӏеялда. 9Нужер рахъалъ нилъер Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ, гьесда церелъидал нужеца ниж рохизарурал! 10Къасиги-къадги ракӏ-ракӏалъ гьарула нижеца гьесда нужеда берчӏвазеги ва нужер иманалъулъ камурабги тӏад лъезе рес ккезабеян.

Павелил гьари-дугӏа

11Нужехъе рачӏунеб нух нижее бацӏцӏад гьабеги нилъер Эмен – Аллагьас ва нилъер Тӏадегӏанав Гӏисаца. 12Нужеде бугеб нижер рокьиго гӏадин, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабеги ва гӏемерлъизабеги цоцаздехунги цогидал киналго гӏадамаздехунги нужер рокьи. 13Бетӏергьанас нужер рекӏее къвакӏи кьеги, киналго вализабигун цадахъ Тӏадегӏанав Гӏиса кӏиабизеги вачӏараб мехалда, нилъер Эмен – Аллагьасда цере рацӏцӏадаллъун ва муъминаллъун рукӏине.

Copyright information for AvaIBTNT