1 Thessalonians 4
Павелил насихӏатал
1Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагӏидаялъ, гьанжелъизегӏан хьвадаралго гӏадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикӏ хьвадейилан Тӏадегӏанав Гӏисал цӏаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда. 2Нужеда лъала Тӏадегӏанав Гӏисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб: 3Аллагьасе бокьун буго нуж рацӏцӏадго хьвадизе, 4нужер щивав чияс чӏужуялдехун ракӏбацӏцӏалъиги намусги цӏунизе, 5Аллагь лъалареб халкъалъ гӏадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахӏбалъи гьабунгутӏизе. 6Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихӏ-жаза гьабула. Гьелъул хӏакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букӏана ва гьеб тӏубачӏого бегьуларилан лъазабунги букӏана. 7Аллагьас нилъ тӏаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацӏцӏадго хьвадизе. 8Гьедин хьвадиларилан чӏарав чияс инсанасдасан бачӏаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухӏ рещтӏинабурав Аллагьасдасан бачӏаралдейин. 9Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе. 10Тӏолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цӏикӏкӏун цоцазе рокьейилан. 11Цебеги нижеца нужеда лъазабун букӏараб къагӏидаялъ, нужерго ишги гьабун, гӏодоре риччан ва нужерго квералъ бетӏербахъиги гьабун рукӏине хӏаракат бахъе. 12Гьебмехалъ цогидал гӏадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магӏишатги букӏина.Гӏиса Масихӏ кӏиабизе вачӏараб мехалъ хваразе щиб лъугьине бугеб?
13Хваразул хӏакъалъулъги нужеда бичӏчӏизабичӏого гӏеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечӏел цогидал гӏадамалго гӏадин, нужги пашманлъунгутӏизе. 14Гӏиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гӏадин, нилъ божула иманалда хварал гӏадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукӏиналдаги. 15Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго Тӏадегӏанасул рагӏуда рекъон: Тӏадегӏанав вачӏинегӏан чӏаго хутӏаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. 16Аллагьасул буюрухъги рагӏараб, кӏудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго Тӏадегӏанав рещтӏина. Ва Масихӏиде иман лъун хварал гӏадамал тӏоцере рахъина тӏаде. 17Цинги нилъ – чӏаго хутӏаралги гьезда цадахъ Аллагьас накӏкӏазда аскӏоре зобалазде ракӏарила Тӏадегӏанасда дандчӏвазе. Гьедин абадиялъго нилъ Тӏадегӏанасда цадахъ рукӏина. 18Гьеле гьел рагӏабаздалъун цоцазул ракӏбатизабе нужеца.
Copyright information for
AvaIBTNT