‏ 1 Thessalonians 5

Рорчӏуда чӏа

1Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хӏакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал. 2Нужедаго мухӏканго лъалелъул Тӏадегӏанасул къо тохлъукьего – сардилъ цӏогьор гӏадин бачӏунеблъи. 3Ракълида ругин ва сундулго хӏинкъиги гьечӏин гӏадамаз абулеб мехалъ, чӏужугӏаданалда тохлъукье хӏара чӏвалеб гӏадин, ракӏалдаго гьечӏого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо.

4Нужни, вацал, бецӏлъуда гьечӏелъул, цӏогьор гӏадин бачӏинаро нужехъе гьеб къо. 5Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго.

Нилъее я сордо гьечӏо, я бецӏлъи гьечӏо.
6Гьединлъидал, цогидал гӏадамал гӏадин, кьижиларо, рорчӏуда рукӏина, ригьун рукӏина нилъ. 7Кьижулев чи сардилъин кьижулев, мехтулев чиги сардилъин мехтулев. 8Амма къоялъ гвангъизарун ругелъул, иманалъулги рокьулги къолденги ретӏун, хвасарлъизе рукӏиналде хьулалъул такъияги лъун, ригьун рукӏине риччанте нилъ! 9Жиндирго ццин нилъеде рещтӏине гурелъул Аллагьас нилъ тӏаса рищун ругел, нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал. 10Гьев нилъее гӏоло хвана, жив вачӏараб мехалъ хун ратаралги чӏаго ратаралги, жиндаго релълъун чӏаго рукӏине. 11Гьединлъидал цоцазул ракӏбатизабе ва цоцазе квербакъе. Нужеца гьедин гьабулебги буго.

Ахирисел насихӏатал

12Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва Тӏадегӏанасул рагӏул вагӏза-насихӏат гьабун захӏмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда. 13Гьез бахъулеб бугеб хӏаракаталъухъ цӏикӏкӏун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хӏурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикӏ рукӏа! 14Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кӏвахӏалазда рагӏи абе, хӏинкъаразул ракӏбатизабе, загӏипазда квер чӏвай, киназдехунго сабруялда рукӏа. 15Вореха, нужер цонигияс квешлъи квешлъиялдалъун бецӏизе гурин. Нужеца кидаго хӏаракат бахъе цоцазеги цогидал гӏадамазеги лъикӏлъи гьабизе. 16Кидаго рази-ракиго рукӏа. 17Кидаго гьари-дугӏаялда тӏадчӏа. 18Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тӏуразарун, Масихӏ Гӏисаде цолъараб гӏумру нужеца гьабизе.

19Илагьияб Рухӏалъул цӏа свине биччаге. 20Аллагьасул илгьамги нахъчӏваге. 21Киналъулго хӏалбихье, лъикӏабги ккун чӏа. 22Кинабгоги квешлъиялдаса цӏуне нужго.

Кагътил ахир

23Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тӏубанго рацӏцӏад гьареги нуж, нужер тӏолабго чӏаголъи: рухӏги, напсги, черхги – нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса вачӏиналде бацӏцӏадго букӏине. 24Нуж тӏаса рищарав Аллагьас гьедин гьабизеги гьабила, гьев рагӏи холарев вугелъул.

25Нижги дугӏадулъ рехсе, вацал. 26Киналго вацазда, ракӏ-ракӏалъго баун, салам гьабе. 27Аллагьасул амруялдалъун дица нужеда лъазабулеб буго гьаб кагъат киналго вацазе цӏалейилан. 28Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил баркат лъеги нужеда!

Copyright information for AvaIBTNT