1 Timothy 1
Саламалъул рагӏаби
1Гьаб буго Масихӏ Гӏисал чапар Павелил кагъат. Нилъ хвасар гьарурав Аллагьасе ва нилъер хьул лъолев Масихӏ Гӏисае бокьана дун чапарлъун вукӏине. Кагъат хъвалеб буго 2божи-иманалдалъун унго-унголъунги дие васлъун лъугьарав Тимофейиде. Эмен – Аллагьасдасан ва нилъер Тӏадегӏанав Масихӏ Гӏисадасан рекъел, баркат ва гурхӏел насиблъаги дуе!Гьересинасихӏатчагӏаздаса цӏунизе ккела
3Дун Македониялде унаго дица дуда гьарана Эфесалда чӏайилан ва гӏадамал къосинарулел насихӏатал тӏокӏалъ гьаругейин абун цо-цо чагӏазда лъазабейилан, 4рукӏунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цӏарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гӏемер дагӏбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечӏо гьелъул. 5Нилъеца гьедин малъулеб буго, ракӏ-ракӏалъулаб рокьиги, бацӏцӏадаб намусги, унго-унгояб божи-иманги цӏикӏкӏине бокьун. 6Цо-цо чагӏазулъ гьеб хутӏун гьечӏо. Гьел машгъуллъун руго гӏадада ва гӏемер гаргадиялде. 7Гьезие бокьун буго Мусал Къануналъул мугӏалимзабилъун рукӏине, амма лъаларо жидеца бицунелъул хӏакъикъат ва жидедагоги бичӏчӏуларо гьедин ракӏчӏун гӏадамазда лъазабулеб бугеб жоялъул магӏна. 8Нилъеда лъала Къанун лъикӏаб жо букӏин, битӏун пайда босулеб бугони. 9Лъала къанунал ритӏухъго хьвадулезе гӏоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутӏигӏлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хӏинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратӏалъарал, эбел-эмен чӏвалел гӏадамазе; чӏвадарухъабазе, 10хъахӏбаял гӏадамазе цоцаздасан босадул лазат босулел бихьиназе, гӏадамал рикъулезе, жидерго гьаги хвезабун, гьересиго нугӏлъи гьабулезе ва битӏараб нухдаса гьетӏаралщиназе. 11Битӏараб нух ккола гьардарав Аллагьасул къудраталъул хӏакъалъулъ диде божилъи гьабураб Рохалил хабаралъул нух.Аллагьас Павелида цӏоб лъуна
12Дие къуват кьурав нилъер Тӏадегӏанав Масихӏ Гӏисае рецц! Гьес дун божизе бегьулевлъун рикӏкӏана ва жиндие хъулухъ гьабизе тӏадкъана дида – 13цебе кидаялиго жив какарасда, жив хӏакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутӏиялдалъун гьабулеб букӏиндал, гурхӏана дида Аллагь. 14Нилъер Тӏадегӏанасул баркат гьарзалъана дие. Масихӏ Гӏисаде цолъидал божи-иманги рокьиги цӏикӏкӏана дир рекӏелъ. 15Гьале нилъеца тӏубанго къабул гьаризе кколел хӏакъал рагӏаби: Масихӏ Гӏиса дуниялалде вачӏана мунагь-хӏакъалъул агьлу хвасар гьабизе ва гьале дунги вуго гьезда гьоркьоса бищунго кӏудияв мунагьчи. 16Аллагьасе бокьана дида – бищунго цӏикӏкӏун мунагьал гьарурав чиясда – Масихӏ Гӏисаца цӏоб лъезе. Бокьана гьесде иман лъун, цӏияб гӏумру насиблъаразе дун мисаллъун лъугьине. Гьединлъидалин Аллагь дида гурхӏарав. 17Даимаб реццги цӏарги абадияв парччахӏасе – холарев-унарев, вихьуларев ва цохӏо вугев Аллагьасе! Амин. 18Тимофей, дир вас, цо кидаялиго дур хӏакъалъулъ Аллагьасдасан рещтӏарал рагӏабиги ракӏалде щун, гьадинаб тӏадкъай кьолеб буго дица дуе! Гьел рагӏабиги гӏадахъ росун вагъе, мун гӏадинав чи вагъизе кколеб куцалъ, 19божи-иманалъул ва намус бацӏцӏалъиялъул ярагъги борчун. Цо-цо гӏадамаз гӏодобе рехун буго гьеб ярагъ, ва гьезул божи-иманалъул гамаги ралъдалъ гъанкъана. 20Гьединазда гьоркьор руго Гьименейги Александрги, дица гьел рехана илбисалъул ханлъиялде, Аллагь какулеб гӏамал тезабизелъун.
Copyright information for
AvaIBTNT