‏ 1 Timothy 2

Дугӏа кин гьабилебали насихӏат

1Гьеле гьедин, сундасаго цебе, дица гьарулеб буго: нужеца дугӏадулъ киналго рехсе, Аллагьасда гьаре гьезда тӏасалъугьайилан, гьезде баркат рещтӏинабейилан. Дугӏадулъ Аллагьасе реццги гьабе. 2Дугӏадулъ рехсе парччахӏзабиги киналго хӏакимзабиги. Гьедин гьабуни, нилъер гӏумру букӏина гӏодобе биччараб ва ракълилаб, муъминлъиги цӏикӏкӏараб, къадру-къимат борхараб. 3Гьеб буго нилъ хвасар гьарулев Аллагьасда цебе лъикӏаб ва гьев разилъулеб иш, 4гьесие бокьун бугелъулха киналго гӏадамал хвасарлъизе ва хӏакъабщинаб лъаялде рачӏине. 5 6Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецӏалие живго кьурав Масихӏ Гӏиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гӏаламат! 7Гьединлъидал Аллагьас дун витӏана божи-иманалъул ва хӏакъабщиналъул хӏакъалъулъ цогидал халкъазда бицине илчилъун, чапарлъун ва насихӏатчилъун. Дица гьереси бицунеб гьечӏо, дица битӏараб бицунеб буго!

8Дие бокьун буго бихьиназ кидаго ва кибго гьари-дугӏаялъе кверал цере кквезе рацӏцӏадал къасдалгун, рекӏелъ ццин гьечӏого ва дагӏба-къец гьечӏого. 9Риччанте руччаби гӏадатго ретӏа-къан рукӏине, риччанте гьел берцинлъизе бацӏцӏадаб намусалъги лъикӏаб гӏамалалъги. Ботӏрол рас къачӏаялъ, меседалъ ва жавгьар-якъуталъ, чӏухӏараб ратӏлица гуро гьел берцинлъизе кколел, 10гьел берцинлъизе ккола Аллагьасе гӏибадат гьабулел руччабазда рекъолебщиналдалъун, ай лъикӏал ишаздалъун.

11Йиччанте чӏужугӏадан, юцӏцӏун чӏун, тӏубараб мутӏигӏлъигун, вагӏза-насихӏаталъухъ гӏенеккизе. 12Дица чӏужугӏаданалъе изну кьоларо насихӏат гьабизе. Гьедин бихьиназда тӏад кверщел гьабизе бегьуларо гьелъ. Йицӏцӏун чӏайилан абе! 13Тӏоцеве Адам вижидалха, Хӏава цинги йижана. 14Адам гуро къосинавурав, чӏужугӏадан къосинаюна. Гьелъ Аллагьасул амру тӏубазабичӏо. 15Амма гьейги хвасарлъизе йиго лъимал гьаридал, гьайгьай, гьелъ гӏумру божи-имангун ва рокьигун, бацӏцӏадго ва цӏодорго тӏамулеб бугони.

Copyright information for AvaIBTNT