‏ 1 Timothy 6

Лагъзадерил хӏакъалъулъ насихӏатал

1Лагълъиялъул кьили гьодида бугез кӏвараб хӏалалъ хӏурмат гьабизе ккола жидерго бетӏергьабазул, – Аллагьги нилъер божи-иманги гӏадамаз какунгутӏизе. 2Лагъзадерил бетӏергьабаз иман лъун бугониги, жал диналъул вацал ругилан лагъзадерица адаб рехизе бегьуларо. Дагьабги жигар бахъун хъулухъ гьабизе биччанте, гьез хъулухъ гьабулеб бугелъул иман лъурал ва Аллагьасе рокьулел гӏадамазе.

Гӏарцуде рокьи

Гьаб кинабго малъизе ва гьезул рекӏелъе лъугьинабизе ккола дуца!
3Цо лъицаниги гьересинасихӏат гьабулеб бугони, нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил хӏакъал рагӏабаздаса, унго-унголъун Аллагьасе гӏибадат гьабиялдаса щивниги кьурулев вугони, 4гьев ккола чӏухӏи-пахрулъиялъул цӏурав ва щибго бичӏчӏуларев чи. Жахӏдаги, кьалги, хьандейги, квешал щакдарабиги рижулеб дагӏба-рагӏиялде ва рагӏабазул магӏна сабаблъун къацандиялде бугеб хӏасраталъ унти ккезабун букӏуна гьединав чиясда. 5Гьелдалъун бижула гӏаданиб нах гьечӏел ва хӏакъабщинаб жидехъа биларал гӏадамазул нахъаса къотӏи гьечӏеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц.

6Хӏакъикъаталда божи-иман кӏудияб бечелъи буго гӏицӏго жидер бугеб жоялда ракӏ разилъизе лъалел гӏадамазе. 7Нилъеца дуниялалде щибго босун бачӏунарелъулха ва гьаниса щибго цадахъ босизеги нилъеда кӏоларелъул. 8Квине квенги ретӏине ретӏелги бугони, гьелда разилъун рукӏина! 9Бечелъизе бокьарал гӏадамал къосуна, гӏемерал гӏантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гӏадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе. 10Киналго квешлъабазул аслу-кьучӏ ккола гӏарац бокьи. Руго гӏадамал гӏарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гӏакъуба-къварилъабазул чӏораз рекӏеда ругъун лъезе биччарал.

11Амма мун, Аллагьасул лагъ, гьелдаса лъуте! Дуца тӏалаб гьабе ритӏухълъи, унго-унгояб муъминлъи, божи-иман, рокьи, къуркьунгутӏи, хӏеренлъи. 12Божи-иманалъе гӏоло къеркье! Гӏемерал нугӏзабазда цебе дуца лъикӏаб къагӏидаялъ дурго божи-иманалъул бициндал, Аллагьас дуе насиблъизабуна абадияб гӏумру. Гьеб шапакъаталдаса махӏрумлъизе чӏоге! 13Щибаб жо бижарав Аллагьасе гӏоло ва Понтий Пилатида цебе лъикӏаб къагӏидаялъ божи-иманалъул бицарав Масихӏ Гӏисаеги гӏоло гьарулеб буго дуда, 14нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏ вачӏинегӏан ритӏухъго ва гӏайиб чӏвазе бакӏ гьечӏеб хӏалалъ тӏуразарейин Аллагьасул амруял абун. 15Цӏараб болжалалда Аллагьас гьев загьир гьавила. Цохӏо вугев Хӏакимас, парччахӏзабазулги Парччахӏас, ханзабазулги Ханас – Гьардарав Аллагьас загьир гьавила. 16Цохӏо гьесие хвел гьечӏо, гьев вуго лъиданиги гӏагарлъизе кӏолареб Нуралъулъ. Гьев лъиданиги вихьичӏо ва вихьизе ресги гьечӏо. Абадияб реццги цӏарги гьесие. Амин.

Кагътил ахир

17Гьаб дуниялалда бечедго ругезда лъазабе гӏамал кӏодолъугеян ва хехго тӏаса унеб бечелъиялде хьул лъогейилан. Нилъ разилъизелъун къваригӏанщинаб гьарзаго кьолев Аллагьасде хьул лъейилан абе. 18Лъикӏлъи гьабизе тӏаме гьел, риччанте лъикӏал ишаздалъун бечелъизе. Риччанте квер биччарал рукӏине, цогидазе кьезе кидаго хӏадурал рукӏине. 19Гьедин бакӏарейин абе жиндалъун унго-унгояб гӏумру насиблъулеб ва букӏинеселъул щулияб кьучӏлъун кколеб хазина.

20Дуде божилъи гьабун бугебщинаб цӏуне, Тимофей, дуца. Аллагь рикӏкӏунарезул чӏандахабаралдаса ва гӏадамаз гьересиго «лъай» абун цӏар лъуралда тӏасан дагӏбадиялдаса рикӏкӏалъе. 21Гьеб лъай жиделъ бугилан чӏун, цо-цо гӏадамал божи-иманалъул нухдаса тарана.

Аллагьасул баркат лъеги нужеда!

Copyright information for AvaIBTNT