2 Corinthians 10
Павел чапарас живго ритӏухъ гьавулев вуго
1Нужеда аскӏов вугеб мехалъ хӏинкъа-къалев, рикӏкӏалъараб мехалъ бахӏарчияв чийилан цо-цояз жиндир хӏакъалъулъ абулев дун – Павел – вуго нужедехун кӏалъалев. 2Масихӏил хӏеренлъиялъе ва лъикӏлъиялъе гӏоло гьарулеб буго нужеда, гьениве вачӏараб мехалъ бахӏарчи вахъинавуге дир! Нужеда лъан букӏа: дун гьединав бахӏарчияв вукӏуна гьал гӏадамазул къагӏидаялъ ниж хьвадулел ругин абулездехун. 3Гьаб дуниялалъул гӏадамал ниж ругониги, нижеца гьабулеб рагъ гӏадамазул гӏадинаб гуро. 4Гьеб рагъулъ ниж гӏадамазул гӏадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб. 5Аллагь лъаялде дандечӏаразул чӏухӏи-пахрулъиялъул хъулбиги щущазарула нижеца. Мекъаб-тӏекъаб пикру-къасдги асирлъуде босула ва Масихӏие мутӏигӏаблъун лъугьинабула. 6Нужер мутӏигӏлъи камиллъараб мехалъ, ниж хӏадурго рукӏина мутӏигӏлъуларевщинасе тамихӏ гьабизе. 7Нужерго берда цебе бугелъухъ ралагье! Цо лъилниги ракӏчӏун батани жив Масихӏил рахъ ккурав чи вугилан, гьес жиндаго гьикъейин абе гьесдаса дагьищ нижеца Масихӏил рахъ кколеб бугебилан. 8Нужер гӏумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе Тӏадегӏанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цӏикӏкӏунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо. 9Гьадинал кагътал хъван, дица нуж гӏицӏго хӏинкъизарулел ругилан ракӏалде ккоге. 10Цо-цояз абулеб рагӏула: «Кагътида хъвалеб жо кутакаб ва кьварараб букӏуна, амма живго вачӏараб мехалъ кӏалъан бажаруларо, кӏалдиб мацӏги сах-саламат хӏалтӏуларо». 11Гьединав чиясда лъан букӏаян абе ниж гьенир гьечӏеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачӏиндалги гьабулеблъи. 12Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагӏазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гӏураб бахӏарчилъи гьечӏо нижелъ! Жалго гӏантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго. 13Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хӏалалъ гуреб, нижерго роценги цӏунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гӏорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гӏурхъиялъ. 14Масихӏил хӏакъалъулъ Рохалил хабарги босун тӏоцере нужехъе щварал чагӏи нижлъидал, нужехъе рачӏунаго гӏорхъи бахине ккечӏо нижеца. 15Нижер гӏорхъи бахун къватӏибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цӏикӏкӏинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цӏакъго гӏатӏилъилилан. 16Цинги ниж ина нужедасаги дорегӏан ругел ракьазда Рохалил хабар тӏибитӏизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хӏалтӏиялдалъунги реццариларо. 17Тӏухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас Бетӏергьан вецце!» 18Живго жинцаго тӏадегӏанлъизавурав чи муъминчилъун рикӏкӏунаро, Бетӏергьанас тӏадегӏанлъизавурав рикӏкӏуна.
Copyright information for
AvaIBTNT