‏ 2 Corinthians 11

Павелги гьересичапарзабиги

1Дун цодагьав гӏантмахӏав вугониги, хӏехьеха нужеца! Хӏехьейилан гьарулеб буго нужеда! 2Рос-лъадуда гьоркьоб букӏунеб гӏадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачӏараб щакдари буго дир рекӏелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачӏей бахӏарай гӏадин нуж цохӏо вугев росасе – Масихӏие кьезе. 3Амма дун хӏинкъун вуго, хӏилла-макруялдалъун борхьица Хӏава къосинаюрай гӏадин, Масихӏидехун ракӏбацӏцӏалъиги ритӏухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан. 4Нужехъе вачӏун цо лъицаниги бицунеб бугони нижеца жиндир хӏакъалъулъ бицун букӏарав Гӏиса гурев, гьез Гӏисайилан абулев цогидав чиясул хабар, нуж гьелда божула; нужеде рещтӏараб Рухӏ гуреб, цогидаб рухӏалдаги божула; нужеца иман лъураб гуреб, цогидаб Рохалил хабарги бигьаго къабул гьабула. 5«Чӏахӏиял чапарзабийилан» рикӏкӏунел чагӏаздаса дун сундалъунниги къадарав гьечӏилан ккола дида. 6Бицине кӏалзул гьунар кӏудияб гьечӏониги, гӏелму-лъай гӏезегӏанго цӏикӏкӏараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда. 7Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тӏибитӏизабулеб мехалъ, дунго хӏакъир гьавун, нуж кӏодо гьарун, нужехъа щибго босичӏогойилан гӏайиб чӏвазеги бегьула нужеца! 8Иман лъуразул цогидал жамагӏатал «талавур гьаруна» дица, нужее кумекалъе гӏарацги гьездаса тӏалаб гьабун. 9Нужер гьенив вугеб заманалда дие гӏарац хӏажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичӏо дица – дие хӏажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачӏарал вацаз. Гьанжелъагӏанги дица нужедаса щибго тӏалаб гьабичӏо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо. 10Гьелдаса бугеб чӏухӏиги дир рекӏелъа, – дилъ бугеб Масихӏил ритӏухълъиялхӏайилан гьедулев вуго дун нужее, – гьеб Ахаялъул киналго бакӏазда цониги чиясда бахъизе кӏвеларо. 11Щай? Дие нуж рокьуларелъулищ? Аллагьасда лъала гьеб.

12Дица гьанжелъагӏан гьабулеб букӏарабщинаб гьанжеялдаса хадубги гьабила, – жидецаги Аллагьасе хъулухъ нижеца гӏадин гьабулеб бугилан жалго реццизе бокьарал гӏадамалги ругелъул. Амма гьедин жалго реццизе нух кьеларо дица гьезие. 13Гьел руго гьересичапарзаби, яхӏ-намус гьечӏел хӏалтӏухъаби. Масихӏил чапарзаби ругилан чӏарал чагӏи руго гьел. 14Гьелда хӏикмалъизе ккеларо! Нуралъул цӏурав малаикасухъего хӏала илбисги. 15Ритӏухълъиялъул хъулухъчагӏи ругилан илбисалъул рагьтӏателал чӏеялдаги хӏикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихӏги ахирги хӏакъаб буго гьезие!

Павел чапарас живго веццулев вуго

16Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикӏкӏунге дун гӏантмахӏав вугилан. Дун гӏантмахӏав ватаниги, дихъ гӏенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин. 17Гьанже дица абизехъин бугеб рагӏи Тӏадегӏанасдасан бачӏараб гуро. Жидедаго ракӏчӏун гӏабдалзабаз жалго реццулел гӏадин, дунго веццизе лъугьун вуго. 18Гьаб дуниялалъул ишаздаса чӏухӏун, гӏемерисез жалго жидецаго реццулел гӏадин, дицаги веццила дунго. 19Гьединалго гӏакъилал гӏадамаллъидал нужги, гӏабдалзаби нужеца рази-ракиго хӏехьолел руго. 20Нужеца хӏехьолеб буго гьез нуж лагълъиялде ккезаруниги, гьез нуж талавур гьаруниги, гьез нужеда тӏад кверщел гьабуниги, гьел нужедехун гӏамалкӏодого ругониги, гьез нужер гьурмалъ хъатал ралел ругониги. 21Гьединал ишазе, гьезул гӏадин, нижер гьунар рекъечӏилан нечезейищха ниж кколел? Сундасаниги чӏухӏун живго веццизе кӏолев чи цониги ватани, дидаги кӏола гьелдаса чӏухӏун дунго веццизе. (Гӏантмахӏав чи гӏадин кӏалъалев вуго дун гьанив!) 22Жугьутӏал рукӏани щиб гьел? Дунги жугьутӏав вуго. Исраилил наслу букӏани щиб? Дунги гьебго наслуялъул вуго. Ибрагьимил зурият букӏани щиб? Дунги гьеб зурияталъул вуго. 23Масихӏие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? Бетӏер сверарав чияс гӏадин абила дица: гьез гьабуралдаса цӏикӏкӏун гьабуна дица гьеб. Цӏикӏкӏун хӏалтӏизеги хӏалтӏана, туснахъаздеги цӏикӏкӏун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикӏкӏун хӏал кӏвеларо, хвалил бадивеги чанцӏулго валагьизе ккана. 24Жугьутӏаздасан дие щуцӏулниги насиблъана лъебералда ичӏ-ичӏ нухалъ гьодилъ цӏал кьаби. 25Румазги дун лъабцӏулниги тӏилица вухана, цо нухалъ ганчӏица чӏвалевги вукӏана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукӏана лъабго нухалъниги. Тӏубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутӏана. 26Гӏемерал сапараздаги вукӏана дун. Гӏорал-лъараздасан хӏинкъи, хъачагъаздасан хӏинкъи, дирго халкъалдасан хӏинкъи, цогидал халкъаздасан хӏинкъи, шагьаразда букӏунеб хӏинкъи, гӏадан-чи гьечӏел бакӏаздаги хӏинкъи, ралъдадаги хӏинкъи, гьересиго вацаздасанги хӏинкъи... 27Захӏматаб хӏалтӏи, макьу гьечӏел гӏемерал сардал, ракъи-къеч, гӏемераб заманаялъ ккураб кӏал, квач ва хохораб ретӏел... 28Тӏаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тӏаде бегун буго иман лъуразул тӏолалго жамагӏатазул тӏалаб-агъазги. 29Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, – цӏа рекӏунарищ дида?

30Дунго веццизе ккани, дирго загӏиплъи беццила дица. 31Тӏадегӏанав Гӏисал Эмен – Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечӏолъи. 32Дамаскалда Арета парччахӏасул сардарас шагьаралъул киналго кавабазухъ хъаравуллъи чӏезабун букӏана дун кквезе, 33амма дун шагьаралъул къадалъ бугеб картӏинисан гьагьинивги лъун гъоркье виччана ва гьесдаса хвасарлъана.

Copyright information for AvaIBTNT