2 Corinthians 13
Ахирисел насихӏатал
1Лъабабилеб нухалдаги вачӏинехъин вуго дун нужехъе. Тӏухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагӏи ритӏухълъизе ккани, къваригӏуна кӏиго яги лъабго чиясул нугӏлъи». 2Кӏиабилеб нухалъ вачӏараб мехалдаги лъазабун букӏана, гьанже нужедаса рикӏкӏад вукӏаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течӏезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхӏел букӏине гьечӏилан. 3Нужеца тӏалаб гьабулеб буго дун Масихӏил кӏалдисан кӏалъалев вукӏин чӏезабейилан. Масихӏ нужее загӏипавлъун гуро загьирлъун вугев, нужеда гъорлъ жиндирго къуват бихьизабулеб буго гьес. 4Хӏакъикъаталдаги загӏипав вукӏана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чӏаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загӏипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чӏаго рукӏина. 5Нужер иман щулалъун бугищали хӏалбихье. Гӏиса Масихӏ нужелъги вукӏин бичӏчӏулеб гьечӏебищ нужеда? Гьеб бичӏчӏулеб батичӏони, Аллагь разилъун гьечӏо нужедаса. 6Нижедаса Аллагь разилъун вукӏин нужеда лъалилан хьул буго нижер. 7Нижеца Аллагьасда гьарула нуж квешлъи гьабизе риччагейилан. Нижедаса Аллагь разилъун вукӏин чӏезабизе гуребха нижеца гьеб гьарулеб. Нужеца лъикӏлъи гьабуни гӏела нижее, нижедаса Аллагь разилъун гьечӏилан нужеда ракӏалде кканиги. 8Хӏакъабщиналде данде къеркьезе гуреб, гьелъие гӏоло къеркьезейин нижелъ къуват бугеб. 9Ниж загӏиплъун ругони, нужелъ къуват цӏикӏкӏани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикӏаб рахъалде рачейилан буго. 10Гӏумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе Тӏадегӏанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачӏун кьварараб тамихӏ гьабизе ккунгутӏизейин гьанив вукӏун хъвалеб бугеб дица гьадин.Кагътил ахир
11Кагътил ахиралдаги – роха-хинлъун рукӏа, вацал, битӏараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагӏи данде ккезабе, рекъа-решон рукӏа, – рекъелги рокьиги рещтӏинабулев Аллагьас рехун теларо нуж! 12Иман лъуразул агьлуялъ гӏадин цоцазда баун салам гьабе. Иман лъуразул тӏолабго агьлуялъулги салам буго нужеде. 13Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил цӏобги Аллагьасдасан рокьиги даимго хутӏаги нужелъ. Илагьияб Рухӏалъ цолъизареги нуж. 14–
Copyright information for
AvaIBTNT