2 Corinthians 6
1Аллагьасда цере хӏалтӏулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтӏараб баркат гӏадада хвезе тогейилан. 2Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугӏа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букӏараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», – ян. Гьале гьанже бачӏун буго доб болжал щвараб заман, бачӏун буго нилъ хвасарлъизе хъван букӏараб къо! 3Нижеца лъиениги квекӏен гьабуларо, – Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гӏайиб чӏвангутӏизе. 4Гьелъул гӏаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букӏин: кӏудияб сабруялда хӏехьола балагьал, къварилъаби, гӏазабал, 5тӏилица рухи, туснахъалда тӏами, питнаби, захӏматаб хӏалтӏи, макьу тей, кӏалкквей. 6Нижелъ буго рацӏцӏалъи, лъай-гӏакълу, сабру, ракӏлъикӏлъи, Илагьияб Рухӏ, унго-унгояб рокьи, 7хӏакъаб рагӏи ва Аллагьасдасан бачӏараб къуват. Нижер кваранабги квегӏабги хъатикь буго ритӏухълъиялъул ярагъ. 8Нижер хӏурматги гьабула, ниж хӏакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула. 9Нижер цӏар тӏибитӏун гьечӏо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикӏкӏуна, амма ниж чӏаго рукӏин бихьулеб гьечӏищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чӏвазе кӏвечӏо. 10Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукӏуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гӏемерал гӏадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечӏо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго. 11Нижер кӏутӏбуз, коринфиял, битӏараб бицуна нужеда, нижер ракӏалги нужее рагьарал руго. 12Нижеца гуро нужедаса ракӏалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракӏалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб. 13Дирго лъималазда гӏадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракӏал рагье нижее.Нилъ руго Аллагьасул мукъадасаб рукъ
14Иман гьечӏелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гӏадин рукӏунге. Ритӏухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецӏлъиги кин цадахъ букӏунеб? 15Масихӏидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихӏат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечӏевги цоцазда кин релълъунев? 16Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букӏунеб? Нилъ ругелъулха хӏакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял Тӏухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтӏина, гьезда цадахъ вукӏина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго Бетӏергьанас. 17– Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батӏаго чӏа, хӏарамаб жоялдаги хъваге». 18Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукӏина, – ян абулеб буго Къудратав Бетӏергьанас».
Copyright information for
AvaIBTNT