2 Corinthians 8
Иерусалималъул иман лъуразул агьлуялъе садакъа
1Нижее бокьун буго, вацал, Македониялда ругел иман лъуразул агьлуялда Аллагьас баркат лъун бугеблъи нужеда лъазе. 2Гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цӏикӏкӏана, цӏадалдаса хадуб гӏоразул, лъаразул лъим гӏадин. 3Ракӏ разилъун гьез садакъаби кьуна (дир беразда бихьана гьеб) жидеда кӏварабгӏанги, хӏатта гьелдаса цӏикӏкӏунгицин. 4Гьез кутакалда гьарулеб букӏана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. 5Нижеда ракӏалдацин букӏинчӏо гьез гьедин абилилан. Гьез жидерго кверщел тӏоцебе Тӏадегӏанасухъе кьуна, цинги Аллагьасул амруялдалъун нижехъеги кьуна. 6Гьединлъидал нижеца Титида гьарулеб буго нужер гьениб гьес гьабизе байбихьараб баркатаб иш рагӏалде бахъинабейилан. 7Нужелъ кинабго гьарзалъун буго: божи-иманги, кӏалзул пасихӏлъиги, гӏелму-лъайги, сундулъго хӏаракатги, нижедехун нужер рокьиги. Гьеб баркатаб ишалъулъ щибго камун хутӏугеги нуж. 8Амру гуро дица гьабулеб бугеб. Цогидазул хӏаракаталъулги бицун, дица халгьабулеб буго вацаздехун нужер рокьи унго-унгояб бугищали. 9Нужеда лъала нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏидасан щолеб баркат. Бечедав вукӏаниги, нужее гӏоло мискинлъана гьев, – гьесул мискинлъи сабаблъун нуж бечелъизе. 10Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гӏакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хӏалтӏи гьанже рагӏалде бахъинабун лъикӏ нужеца. Гьеб тӏоцебе байбихьарал чагӏиги нуж руго, гьеб гьабизе тӏоцебе бокьарал чагӏиги нуж руго. 11Доб мехалда букӏараб гӏадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагӏалде бахъинабе нужеца гьеб иш. 12Садакъа кьезе ракӏалда бугев чияс гьеб жиндир ресалда рекъон кьейилан абула Аллагьас, рес гьечӏони, кьезе кколарила гьес гьеб. 13Нужер гьодида бакӏаб гьирги лъун, цогидазе бигьалъи гьабизе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Ращалъи букӏине кколин абизе бокьун буго дие. 14Нужее гьанже щибго гьарзалъун бугеб мехалда, язихъ ругезе нужеца кумек гьабуни битӏун букӏинарищ? Нуж язихъго ругеб мехалда, гьезие гьарзалъи щвани, гьезги гьабила нужее кумек. Гьеле гьедин ращалъила нуж. 15Тӏухьдузда хъван бугелъул: «Гӏемераб бакӏарарасул щибго тӏокӏлъичӏо, дагьаб бакӏарарасе щибго камичӏо», – ян. 16Нужее кумек гьабизе гьединабго гъира-шавкъ Титил рекӏелъе лъугьинабурав Аллагьасе рецц! 17Нижеца гьарараб гьабизе разилъи гуребги, гьесие жиндиегоги цӏакъ бокьун буго нужехъе вачӏине. 18Гьесда цадахъ нижеца витӏулев вуго Рохалил хабар тӏибитӏизабиялъул рахъалъ иман лъуразул киналго жамагӏатазда гьоркьов машгьурав нижер цо диналъул вац. 19Гьединго иман лъуразул жамагӏатаз гьев вищун вуго, гьаб баркатаб иш тӏубазабулаго, нижеда цадахъ кидаго сапаразда вукӏине. Тӏадегӏанасул цӏар-рецц цӏикӏкӏинабизе ва нужее кумек гьабизе ниж хӏадурал рукӏин бихьизабизе тӏаса вищарав чи вуго гьев. 20Гьарзаго щолеб бугеб садакъа нижеда божун тезе бегьуларилан лъицаниги абизе бокьун гьечӏо нижее. 21Тӏадегӏанасда цебе гуребги, гӏадамазда цебеги гӏайиб чӏваларедухъ рукӏине бокьун буго. 22Гьел кӏияздаго цадахъ витӏулев вуго нижер цоги вацги. Батӏи-батӏияб ахӏвал-хӏалалда чанцӏулго хӏалбихьун лъана нижеда вацазе кумек гьабизе гъира-шавкъалъул цӏурав чи гьев вукӏин. Гьанже гьесул нужеде божилъи цӏикӏкӏун бугелъул, гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏун буго гьесул гъира-шавкъги. 23Титил рахъалъ абуни, гьев вуго дир гьалмагъ ва нужее хӏалтӏулев чи. Цогидал вацалин абуни, гьел руго иман лъуразул жамагӏатаз ритӏарал чагӏи, – Масихӏил цӏар-рецц цӏикӏкӏинабулел чагӏи. 24Хӏасил, иман лъуразул жамагӏатазда бихьизабе нужее гьел чапарзаби рокьараллъи ва нижеца нуж гӏадада реццун рукӏинчӏеллъи.
Copyright information for
AvaIBTNT