2 Corinthians 9
1Аллагьасул халкъалъе кумек гьабизе кколеблъи дица хъвачӏониги бегьила. 2Нужер гъира-шавкъ букӏин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хӏадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гӏемерисезги чода цӏал кьабизе. 3Гьеб мехалъ нуж хӏадурго рукӏина, дица цебеги бицун букӏана гьелъул хӏакъалъулъ. Гьеб ишалъулъ дица нуж реццун абурал рагӏаби гӏадада ккечӏого рукӏинелъун ритӏулел руго нужехъе гьал диналъул вацал. 4Цинги, дида цадахъ македониял гьенире рачӏараб мехалъ, нуж хӏадурго ратичӏони, гьезда цере нуж сурарал гӏечӏого, нижги сурила, – ракӏчӏун нужеда божун рукӏиндалха. 5Гьединлъидал дица хӏукму гьабуна гьал вацазда гьаризе, дидаса цере гьенире ун, нужеца рагӏи кьун букӏараб садакъа гьениб цебеккунго бакӏареян. Гьеб букӏина хӏалица бахъараб гуреб, ракӏ разилъун кьураб садакъа. 6Кӏочон тоге: лъедерго хьон хьарасе лъедерго бижула, ризго хьарасе ризго бижула. 7Щивас кьезе биччай гьесул ракӏалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракӏбухӏуге. Ракӏ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе. 8Аллагьасда кӏола нужее кинабго гьарзалъуледухъ ва садакъаде кьезеги тӏокӏлъуледухъ баркат рещтӏинабизе. 9Тӏухьдузда хъван бугелъулха: «Мискиназе квергӏатӏидав вуго Аллагь, гьесул гьеб лъикӏлъи гӏадамазда абадиялъ кӏочон толаро», – ян. 10Хуриб хьазе хьонги кваназе хинкӏ-чедги кьолес нужееги кьела къваригӏарабщинаб. Нужер лъикӏлъиялъул хурги цӏун бачӏина. 11Кинабго рахъалъ бечелъила нуж, нужер сахаватлъиги цӏикӏкӏина. Нижедасан нуж ругьунлъараб сахаватлъи сабаблъун гӏемерал гӏадамаз Аллагьасе рецц гьабила. 12Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цӏикӏкӏина, цӏад бан хадуб гӏоразул, лъаразул лъим гӏадин. 13Гьеб садакъаялъ бихьизабила нужер божи-иман щулалъун букӏин. Масихӏил хӏакъалъулъ Рохалил хабаралъе, – нужеца иман лъураб хабаралъе нужер мутӏигӏлъиялъухъги жидееги цогидазеги нужер квергӏатӏилъиялъухъги Аллагьасе рецц гьабила гьез. 14Нужги рехсон, ракӏ-ракӏалъго гьари-дугӏа гьабила гьез, нужелъ Аллагьасул баркат цӏакъго цӏикӏкӏун букӏин лъан. 15Бицун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб баркат нилъеде рещтӏинабулев Аллагьасе рецц!
Copyright information for
AvaIBTNT