‏ 2 Thessalonians 1

Саламалъул рагӏаби

1Нилъер Эмен – Аллагьасде ва Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан. 2Нилъер Эмен – Аллагьасул ва Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил салам ва баркат лъеги нужеда.

Нужги дугӏадулъ рехсон, Аллагьасе рецц гьабула

3Нужер иман щулалъулеб бугелъул ва нужер киназулго цоцазде рокьиги цӏикӏкӏунеб бугелъул, нужги дугӏадулъ рехсон, нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Гьеблъидалха Аллагьасе рецц гьабизе мустахӏикъаб иш. 4Чӏухӏун бицуна нижеца иман лъуразул жамагӏатазда нужер хӏакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гӏазаб-гӏакъубаги захӏмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хӏехьолеб бугилан реццула.

Аллагьасул суд ритӏухъаб буго

5Гьеб киналъго бицуна Аллагьасул суд ритӏухъаб букӏинилан. Аллагьасул Парччахӏлъиялде лъугьине мустахӏикълъила нуж, гьеб сабаблъун нужее гӏазаб-гӏакъуба бугелъул. 6Нужее гӏазабги гӏакъубаги кьолеб бугезе гӏазабги гӏакъубаги кьун, Аллагьас рекъезабила гьеб. 7 8Гьеб хӏехьезе ккарал нужее, нижеего гӏадин, Аллагьас рахӏатги хӏалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела Тӏадегӏанав Гӏисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер Тӏадегӏанав Гӏисал хӏакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гӏенеккичӏевщинасе гьалагаб цӏадудалъун тамихӏ гьабизе гьев вачӏараб мехалъ. 9Гьезие тамихӏги буго абадияб гӏумруялдаса махӏрумлъизари. Гьезда Тӏадегӏанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо. 10Гьеб гьедин ккела Тӏадегӏанав вачӏараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукӏина.

Павелил гьари-дугӏа

11Гьединлъидалин нижеца кидаго гьари-дугӏа гьабулеб, нилъер Аллагьас нуж тӏаса рищун ругелъул, гьелъие мустахӏикъаллъун гьарейилан, жиндирго хӏалкӏолъиялдалъун гьес нужер лъикӏалщинал къасдал тӏуразарегийилан, нужерго ишаздалъун иман камиллъизабегийилан. 12Гьедин, нилъер Аллагьасулги Тӏадегӏанав Масихӏилги баркат щун, нилъер Тӏадегӏанав Гӏисал цӏаралъул хӏурмат нужедалъун цӏикӏкӏина ва гьесдалъун нужер хӏурматги цӏикӏкӏина.

Copyright information for AvaIBTNT