2 Thessalonians 3
1Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре Тӏадегӏанасул хӏакъалъулъ хабар хехго тӏибитӏизабизеги, нужер гьенибго гӏадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гӏадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян. 2Киналго гурелъул божулел ругел, – пасатал ва квешал гӏадамаздаса ниж цӏунейиланги гьаре. 3Кьураб рагӏи кколев Аллагьас нужер ракӏал къвакӏизарила ва квешлъиялдаса цӏунила. 4Тӏадегӏанас нижерги ракӏчӏезабулеб буго нижеца малъарабщинаб нужеца гьабулеб букӏиналдаги хадубккун гьабизе букӏиналдаги. 5Аллагьас нужер рекӏелъе лъугьинабеги жиндирго гӏадинаб рокьиги ва Масихӏил гӏадинаб сабруги. 6Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил цӏаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кӏвахӏалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичӏел нужер агьлуялъул чагӏаздаса рикӏкӏад чӏайилан. 7Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кӏвахӏаллъи бихьичӏогури нужеда. 8Чияр хинкӏ-чедалде ккун рукӏинчӏо ниж гьенир, къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏана нужер лъиданиги раччун рукӏинарилан. 9Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букӏаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букӏине. 10Ниж гьенир ругеб мехалъ нижеца абулаангури нужеда: хӏалтӏизе бокьуларев чи кваначӏого чӏайилан. 11Нижеда рагӏидалха гьенир ругин кӏвахӏалал ва кколарелъуре раккун квалквал гьабулел цо-цо гӏадамал. 12Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил вакиллъиялдалъун гьединал чагӏазда гӏайибги чӏван, нижеца лъазабулеб буго: нужерго квералъ бетӏербахъиги гьабун, гӏодоре риччан чӏайилан. 13Цинги, вацал, лъикӏлъи гьабун свакаге нуж. 14Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гӏенеккуларев чиясдеги кӏвар кьечӏого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге. 15Амма тушманлъи лъазабичӏого, вацасе гӏадин, бадибчӏвай гьабе гьесие.Кагътил ахир
16Нилъ ракълиде рачарав Тӏадегӏанас ракълида таги нуж кидаго ва сундулъго. Биччанте Тӏадегӏанав нужеда киназдаго цадахъ вукӏине. 17Дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил рахъалдасан салам буго нужеде. Гьадин чанго рагӏи хъвала дица щибаб кагътида, гьанибги хъвалеб буго. 18Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил баркат лъеги нужеда киназдаго!
Copyright information for
AvaIBTNT