2 Timothy 3
Захӏматаб заман бачӏине буго
1Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гӏагарлъидал, захӏматаб заман бачӏине букӏин. 2Гӏадамазе цохӏо жалго рокьила, гӏарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гӏамал кӏодолъила, хъачӏал рагӏаби абила; эбел-инсухъ гӏенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратӏалъила. 3Гьел рукӏина рекӏелъ рокьиги гурхӏелги гьечӏел, мацӏ гьабулел, пасатал, гӏасиял, лъикӏлъи рихарал, 4хиянат гьабулел, тӏасанккарал, чӏухӏарал чагӏи. Аллагь разилъизавичӏого, жидерго чурхдул разилъизарила. 5Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чӏела, хӏакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гӏадахъ босуларо. Гьединал гӏадамаздаса рикӏкӏад чӏа мун. 6Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гӏадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутӏигӏ гьарула мунагьазул гьир бакӏлъарал, батӏи-батӏиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби. 7Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хӏакъабщиналда нахъгӏунтӏуларо. 8Мусаде данде Яннесги Ямбресги чӏарал гӏадин, пасатаб пикруялъул гьел гӏадамалги хӏакъабщиналде дандечӏун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман. 9Амма гьезул иш битӏун ккеларо. Дол кӏиязулго гӏантлъиго гӏадин, гьезул гӏантлъиги къватӏибе загьирлъила!Ахирисел насихӏатал
10– 11Насихӏатал, хьвада-чӏвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохӏехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хӏехьезе ккараб хадурчӏей ва гӏазаб-гӏакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукӏана. Гьеб кинабгоги гӏазаб-гӏакъубаялдаса Тӏадегӏанас ворчӏизавуна дун! 12Масихӏ Гӏисаде цолъун, бацӏцӏадго гӏумру гьабизе бокьаралщиназеги букӏине буго гьединаб гӏазаб-гӏакъуба. 13Амма квешлъиги хӏилла-рекӏкӏги гьабулел гӏадамал дагьабги квешалде ина. Гьезги гуккулел руго – гьелги гуккулел руго. 14Мунго чӏа дудаго малъарабги тӏубанго дур рекӏеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугӏалимзаби щалали. 15Лъимерлъудасаго лъана дуда Хириял Тӏухьдул. Гьел Тӏухьдузул гӏакъиллъиялда кӏола Масихӏ Гӏисаде божи-иманалдалъун мун хвасарлъулеб куц малъизе. 16Киналго Тӏухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хӏакъабщинаб малъула, тӏекъабщинаб къватӏиб чӏвазабула, гъалатӏ-хатӏа битӏизабула, ритӏухъаб гӏумруялъул хӏакъалъулъ насихӏат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. 17Хириял Тӏухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикӏал ишазе хӏажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула.
Copyright information for
AvaIBTNT