2 Timothy 4
1Аллагьасда цебе ва чӏагоязеги хваразеги суд гьабизе Парччахӏлъун вачӏунев Масихӏ Гӏисада цебе дица кутакалда гьарулеб буго: 2санагӏалъи бугеб мехалъги, гьечӏеб мехалъги, Аллагьасул рагӏи гӏадамазда лъазабизе хӏаракат бахъе. Дуца гьел божизаре, гьезие бадибчӏвай гьабе, рекӏелъ сабругун малъе гьезда. Дарсал кьолаго, кидагоги сабру гьабичӏого тоге. 3Жидеда битӏараб малъулел ругел хӏехьезе кӏвечӏого, гӏадамаз рагӏизе хӏасрат бугебщинаб рагӏизелъун жидедаго сверухъе мугӏалимзабазул тӏубараб бо бакӏарулеб заман бачӏине буго. 4Хӏакъабщинаб рагӏизе бокьичӏого, маргьабазухъ гӏенеккила гьел. 5Амма сундулъго дур сабру букӏине ккола. Гӏазаб-гӏакъуба хӏехье. Рохалил хабар лъазабун, дурго иш гьабе, дурго хъулухъ тӏубазабе. 6Дир рахъалъ абуни, хирияб бакӏалда лъураб хъабиниса чагъир лъугӏулеб гӏадин, лъугӏун унел руго дир гӏумруялъул къоял. Къокъине заман гӏагарлъун буго. 7Дун лъикӏго гугарана, дун чӏчӏалде щвезегӏан векерана, дица божи-иман цӏунана. 8Аллагь разилъизавидал, гьанже дие къачӏан буго бергьенлъиялъул шапакъат. Къиямасеб къоялъ Тӏадегӏанас кьела дие гьеб. Гьев вуго ритӏухъав судияв. Цохӏо дие гуребги, гьев вачӏиналъухъ гӏащикъго ралагьун чӏун ругелщиназеги кьела гьес гьеб.Жиндирго рахъалдасан гьари
9Дуца хӏаракат бахъе хехго дихъе вачӏине. 10Гьаб дуниялалде рокьи цӏикӏкӏун дун рехун тана Демасица ва Фессалоникаялде ана. Крескент Галатиялде ана, Тит Далматиялде ана. 11Дида аскӏов цохӏо Лука хутӏун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цӏакъ кумек гьабула. 12Тихик дица Эфесалде витӏана. 13Мун гьаниве вачӏунаго, дуца босе Троадаялда Карпил бакӏалда хутӏараб дир гӏаба, тӏахьалги росе, хасго къухьдузда хъварал. 14Маххул устар Александрица гӏемераб квешлъи гьабуна дие. Гьесул ишазда рекъон жаза гьабеги Бетӏергьанас гьесие! 15Мунги гьесдаса цӏунун чӏа, нилъеца лъазабулеб бугеб Хабаралде цӏакъ гӏасиго дандечӏун вугин гьев. 16Тӏоцебе дие суд гьабулеб букӏараб мехалда, кумекалъе щивниги вачӏинчӏо, киназго дун рехун тун вуго. Гьезул гӏайиблъун рикӏкӏунгеги гьеб! 17Амма Тӏадегӏанав Гӏиса дида цадахъ вукӏана. Гьес дие къуват кьуна цогидал халкъаздаги Рохалил хабар тӏубанго лъазабизе. Гъалбацӏалъул гажаздаса хвасар гьавуна гьес дун. 18Тӏадегӏанас дун кинабго квешлъиялдаса ворчӏизавила ва щибго зарал ккечӏого жиндирго Зобалазулаб Парччахӏлъиялде вачина. Гьесие абадияб рецц! Амин!Кагътил ахиралда саламалъул рагӏаби
19Салам бице Прискиллада ва Аквилада, гьединго Онесифорил тӏолабго рукъалъул агьлуялда. 20Эраст Коринфалда чӏун вуго. Унтун вукӏиндал, Трофим дица Милеталда тана. 21Хасел тӏаде щвелалде вачӏине хӏаракат бахъе. Дуде салам битӏулеб буго Эвбулица, Пудица, Линица, Клавдияца ва киналго диналъул вацаз. 22Тӏадегӏанас кидаго рехун тогеги мун! Аллагьасул цӏоб лъеги нужеда!
Copyright information for
AvaIBTNT