2 Timothy 2
Масихӏ Гӏисал ритӏухъав рагъухъан
1Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола Масихӏ Гӏисаде цолъиялдалъун. 2Цӏакъго гӏемерал нугӏзал ругеб бакӏалда дидасан дуда рагӏанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гӏадамазда. 3Масихӏ Гӏисал ритӏухъав рагъухъанас гӏадин, гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе хӏадурго вукӏа. 4Чабхъеналда гӏахьаллъарав рагъухъан магӏишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахӏарав цевехъан разилъизавизе хӏаракат бахъула гьес. 5Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букӏине кколеб къагӏидаялъ гьев гугаричӏони. 6Гьединго гӏетӏ тӏун хӏалтӏарав хурухъанасеги тӏоцебе щвезе ккола хуриса бачӏаралъул бутӏа. 7Дир рагӏабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичӏчӏизе кумек гьабила дуе Тӏадегӏанас. 8Давудил наслуялъул вас Гӏиса Масихӏ ракӏалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тӏибитӏизабулеб буго дица. 9Гьеб сабаблъун гӏазаб буго дие – такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кӏоларо! 10Гьединлъидал дица кинабго хӏехьолеб буго тӏаса рищаразе гӏоло – Масихӏ Гӏисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе. 11Цӏакъ ритӏухъал рагӏаби руго: Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чӏагоги рукӏина, 12Нилъеца хӏехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахӏлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила, 13Нилъеда божизе бегьичӏониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кӏоларелъул Гьесда. 14Гьездаги ракӏалде щвезабе гьеб.Гӏазаб-гӏакъуба хӏехьолев чи
Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагӏабазул рахъалъ дагӏба-къец гьабугейилан. Гӏенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечӏо. 15Мун гӏазаб-гӏакъуба хӏехьарав чи вугелъул, кӏвараб хӏалалъ хӏаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. Захӏматалдаса намуслъизе бакӏ гьечӏев ва хӏакъаб рагӏи гурони бицунарев хӏалтӏухъанлъун вукӏа. 16Иман гьечӏел ва гьодорал харбал рикӏкӏад гьаре. Гьез гӏадамал Аллагьасдаса цӏакъго рикӏкӏалъизарула. 17Гьересинасихӏатчагӏазул рагӏаби тӏиритӏула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гӏадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги, 18– гьел хӏакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гӏалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кӏалагъоркье чӏвалеб буго. 19Амма Аллагьас тӏамураб кьучӏ щулияб буго, кьуричӏого чӏун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «Бетӏергьанасул цӏар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикӏкӏалъе!» абурал рагӏабазул мугьруги буго гьеб кьучӏалда. 20Бечедаб рокъоб, гӏарац-меседалъул гуребги, цӏулал ва щагӏил цӏарагӏги букӏуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукӏуна бертин-тоялъул къоялъ къватӏире рахъизе. 21Квешабщиналдаса вацӏцӏад чӏарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачӏан бугеб цӏарагӏалда. Гьеб бацӏцӏадго хутӏула, бетӏергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикӏалщинал ишазе ярагьуна. 22Гӏолохъанаб мехалда рекӏелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикӏкӏалъе. Ракӏбацӏцӏадго Тӏадегӏанасе тӏагӏат-гӏибадат гьабулезда цадахъ хӏаракат бахъе ритӏухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутӏизе. 23Гӏадалаб ва жагьилаб дагӏба-рагӏиялдаса рикӏкӏалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи. 24Тӏадегӏанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечӏо гьелда гьоркьов гӏахьаллъизе. Гьев вукӏине ккола киназдехунго ракӏлъикӏав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи. 25Жинде дандечӏаразеги гьес хӏеренго-хӏалимго гьабизе ккола насихӏат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекӏекълъизе тӏамила Аллагьас гьел ва хӏакъабщинаб лъаялде рачина. 26Цинги гьел кантӏила, илбисалъул амруялъе мутӏигӏлъиялдалъун гьел ккун рукӏараб къорикьа рорчӏила.
Copyright information for
AvaIBTNT