Colossians 1
Саламалъул рагӏаби
1Аллагьасул амруялдалъун Гӏиса Масихӏил чапарлъун лъугьарав Павелил ва нилъер диналъул вац Тимофейил рахъалдасан 2салам буго Колосси шагьаралда ругел нижер божарал ва рацӏцӏадал вацазде – Масихӏиде цолъаразул агьлуялде. Нилъер Эмен – Аллагьасул баркатги саламги лъеги нужеда.Павелица Аллагьасе рецц гьабулеб буго
3Дугӏадулъ нуж рехсолаго, нижеца кидаго рецц гьабула нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил Инсуе – Аллагьасе. 4Нижеда рагӏана Масихӏ Гӏисаде нужер божи-иман цӏикӏкӏунеб бугилан ва киналго иман лъуралги нужее рокьулел ругилан. 5Зобалазда нужее цӏунун бугелде лъураб хьулалъ бижизабураб буго гьеб божи-иманги рокьиги. Гьеб хьул нужелъ бижана хӏакъикъияб Рохалил хабар нужеда рагӏараб мехалъго. 6Тӏолабго дуниялалдаго тӏибитӏун бугеб гӏадин нужехъеги щвана гьеб Рохалил хабар, нужер гьенибги гьеб тӏегьан буго, тӏад пихъ бижун буго Аллагьасул цӏобалъул хӏакъикъат лъаралдаса нахъе. 7Гьеб нужеда малъана нилъер ишалъе хӏалтӏулев вугев ва нижее вокьулев Эпафрасица. Нужее мунпагӏаталъе гьес Масихӏие ритӏухъго хъулухъ гьабулеб буго. 8Илагьияб Рухӏалъ нужер рекӏелъе лъугьинабураб рокьул хӏакъалъулъги бицана гьес нижеда.«Нужги рехсон, гьари-дугӏа къотӏизе толеб гьечӏо нижеца»
9Гьединлъидал нужер хӏакъалъулъ гьеб рагӏараб къоялдаса нахъего, нужги рехсон, Аллагьасде гьари-дугӏа гьоркьоса къотӏизе толеб гьечӏо нижеца. Нижеца Аллагьасда гьарулеб буго гьесул щибаб амру сундулъ бугебали тӏубанго лъазелъун нужер бичӏчӏи-лъай цӏикӏкӏагиян ва рухӏанияб гӏелму камиллъагиян. 10Тӏадегӏанав Гӏисадаса мисал босун, гьесие бокьулебщинабги гьабизе нужер ишазул гъотӏода лъикӏабщинабги барщизе ва Аллагьги цӏикӏкӏун лъазе рес рекъагиян гьарулеб буго. 11Аллагьасул къудраталдалъун рекӏее къвакӏи кьеги нужее. Гьебмехалъ нужеда кӏвела киналъего сабру гьабизе ва хӏехьезе. Гьелдаса разилъун 12нужеца Инсуе – Аллагьасе рецц гьабила. Жиндирго Нуралъ гвангъизарурал ва рацӏцӏалъарал гӏадамазе ирсалъе щолелъул бутӏа кьезе мустахӏикъаллъун рикӏкӏана нужги Аллагьас. 13Аллагьас нуж бецӏлъиялъул лагълъиялдаса тархъан гьаруна ва жиндиего вокьулев Васасул Парччахӏлъиялде рачана. 14Гьев Васасдалъун нилъер мунагьалги чурунин Аллагьас нилъ тархъан гьарурал.Гӏиса Масихӏил тӏадегӏанлъи
15Гьев вуго вихьуларев Аллагьасул бихьизе бажарулеб сурат. Аллагьас бижарабщиналдаса тӏадегӏанавлъун тӏоцеве гьавурав вуго гьев. 16Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хӏакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухӏалги. Гьесдалъун ва гьесие гӏоло бижана Аллагьас кинабго. 17Сундасаго цеве вукӏана гьев, гьесдалъун цӏунун буго киналъулго низамги. 18Иман лъуразул агьлу черхлъун рикӏкӏани, гьелда тӏад бетӏерлъун вуго Масихӏ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тӏоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тӏоцебесеб бакӏ кквезе бокьун. 19Аллагьасе бокьана жиндилъго бугебщинаб жиндирго Васасулъги букӏине. 20Аллагьасе бокьана гьесдалъун киналго жиндего цолъизаризе. Хъанчида ван гьев хвей сабаблъун зоб-ракьалда бугебщиналда гьоркьоб рекъел лъугьана. 21Нуж Аллагьасдаса рикӏкӏад ругеб ва нужер квешал къасдалги ишалги сабаблъун гьесул тушманзабилъун ругеб заманги букӏана. 22Масихӏ инсан вукӏиндал ва инсан гӏадин хведал, гьанже Аллагьас нуж жиндего цолъизаруна ва нужергун рекъел гьабуна: рацӏцӏад гьарун, мунагьал чурун ва гӏайиб-хатӏаялда тӏасалъугьун нуж жиндаго цере чӏезаризе. 23Гьедин букӏина нужеда рагӏараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричӏого божани, къвакӏун чӏани ва нужер хьулги къинчӏони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукӏараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна.Павелица жиндирго хӏакъалъулъ бицунеб буго
24Нужее пайда букӏине гӏоло дица гӏазаб-гӏакъуба баччулеб букӏиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу – гьеб ккола Масихӏил черх. Гьеб черхалъе гӏоло гӏазаб-гӏакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гӏазаб-гӏакъубаялъул хутӏараб цо бутӏа дидаго тӏаде босун бугелъул. 25Иман лъуразул агьлуялъе дица хъулухъ гьабулеб буго, Аллагьас бихьизабухъе, гьелдалъун нужее Аллагьасул рагӏи тӏубанго загьирлъизе бокьун. 26Кидагоги киназдасагоги бахчун букӏараб Рагӏи буго гьеб. Гьанже гьеб Рагӏи Аллагьасда цере рацӏцӏалъарал гӏадамазе загьирлъана. 27Аллагьасе бокьана цогидал халкъазда гьоркьоса рацӏцӏалъарал гӏадамазе гьеб балъголъиялъул машгьурлъиги кӏодолъиги загьир гьабизе. Гьеб балъголъи ккола – нужелъ Масихӏ чӏаго вукӏин. Гьединлъидал нужеца хьул гьабе нужго машгьурлъизе рукӏиналде. 28Нижеца Масихӏил хӏакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб тӏибитӏизабулеб буго, цӏакъ цӏодорго-гӏакъилго гьел кантӏизарулел руго, гьезие насихӏат гьабулеб буго, киналго камилаллъун ва Масихӏгун цолъараллъун Аллагьасда цере чӏезе. 29Гьелъие гӏоло хӏалтӏулев вуго дун, ва дилъ багъулеб буго гьесдасан щвараб гучаб къуват.
Copyright information for
AvaIBTNT