‏ Colossians 2

1Нужееги, Лаодикеялда ругезеги, цогидал киданиги дир гьумер бихьичӏел иман лъуразеги гӏоло дун кигӏан кутакалда къеркьолев вугевали нужеда лъазе бокьун буго дие. 2Гьезул ракӏал къвакӏизе, цоцазе рокьун, цолъун рукӏине, хӏакъабщиналъул гӏелму тӏубанго бичӏчӏизе, бичӏчӏун хадуб, гьелда гьезул тӏубанго ракӏчӏезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тӏубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи – Масихӏ! 3Хӏакълъунго Масихӏилъин бугеб гӏакълу-лъаялъул балъгояб хазина.

4Лъикӏабилан кколеб хабар бицун, лъицаниги нуж гуккунгутӏизе абулеб буго дица гьадин. 5Дун гьенив гьечӏониги, дир ракӏ нуж киназдаго цадахъ буго. Дун вохун вуго нужер гӏадлу-тадбиралдасаги Масихӏиде бугеб щулияб божи-иманалдасаги.

«Цӏияб ретӏел – цӏияб гӏумру»

6Масихӏ Гӏиса нужерго Тӏадегӏанавлъун рикӏкӏун вугелъул, сундулъго гьесде цолъун хьваде. 7Масихӏ ккола нужер минаялъул кьучӏги ва нужер гъотӏол кьибилги. Нужеда малъараб къагӏидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гӏемер гьабе. 8Вореха, гӏадамазул философиялъги гьодорал рагӏабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго Масихӏидасан бачӏараб гуро, гьеб бачӏун буго гӏадамазул гӏадатал цӏуниялдасан ва тӏабигӏиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан. 9Нужеда лъан букӏа: Масихӏил чорхолъ гӏадамазе тӏубанго загьирлъана кинабго бичасулабщинаб. 10Гьесде цолъарал нужее щвана хӏакъаб гӏумру гьабизе рес. Хӏакълъунго гьесухъ буго дуниял-гӏаламалъул хӏакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги киналго рухӏазул кверщел. 11Гьевгун цолъиялдалъун нужги лъугьана сунат гьабурал чагӏилъун. Амма гӏадамаз гьабулеб гӏадинаб сунат гуребха гьеб. Нужер чорхолъ ругел мунагьазул лагълъиялдаса Масихӏица тархъан гьари лъугьана нужее сунат гьабилъун. 12Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан Масихӏида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хӏалкӏолъиялда божидалха нуж. 13Хварал чагӏи кколаан цере нуж, мунагьазул цӏун рукӏиндал ва нужее сунат гьабун букӏинчӏелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, Масихӏида цадахъ нилъ чӏаголъизаруна. 14Мусал къанун цӏуничӏолъиялдалъун нилъеда тӏад букӏараб тӏолабго налъиги Аллагьас тӏаса рехана. Масихӏил хъанчида тӏад хвезабуна гьес гьеб налъи. 15Хӏакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухӏазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тӏад малги чӏана.

Павелица хъвалеб буго гуккизе чӏогейилан

16Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцӏ цӏилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гӏайиб чӏвагеян абе. 17Гьел киналго нилъее рихьизарун рукӏарал къанунал кколаан хадуб бачӏине бугелъул рагӏад. Амма хадув вачӏарав Масихӏ рагӏад гуро!

18Рихьдаего гӏодоре риччан чӏолезги малаикзабазе лагълъи гьабулезги нужеда гӏайиб чӏвагеян абе. Жидедаги хӏикмат бихьанилан чӏун, жидерго инсанияб гӏакълу-лъаялдаса чӏухӏун, гаргадулел чагӏи руго гьел. 19Масихӏидаса ратӏалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетӏералъ гьабулеб гӏадин, Масихӏихъги буго киналъулго кверщел. Щукӏдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гӏадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна Масихӏица, Аллагьасе бокьухъе кӏудияб гӏела гьеб. 20Масихӏида цадахъ хун, дуниялалъул кверщел кодосел рухӏазул лагълъиялдаса тархъанлъарал нужеца щай гьабизе кколеб дуниялалда ругезулго гӏадинаб гӏумру? 21«Квер хъваге», «кванаге», «кодобе босуге» гӏадинал къанунал щай нужеца цӏунизе кколел? 22Гӏадамаз ургъарал руго гьел амруги къанунги. Цо дагьаб мехалъ нилъеца пайда босулел, цинги тӏагӏун унел жалазда хурхарал руго гьел. 23Кколарелъе лагълъи гьабизе тӏамиги, рихьдаего гӏодоре риччан чӏейги, черх квегъиги гӏакъилаб жойилан ккола гьезда. Амма нилъер чорхол гьаваялъ гьесизарулел мунагьазда данде рагъизе кумек гьабуларо гьелъ.

Copyright information for AvaIBTNT