Ephesians 1
Саламалъул рагӏаби
1Гӏиса Масихӏил чапарлъун вукӏине Аллагьас витӏарав Павелил рахъалдасан салам буго Эфесалда ругел диналъул вацазде – Масихӏ Гӏисаде цолъун рацӏцӏалъаразде ва ритӏухълъаразде. 2Нилъер Эмен – Аллагьасул ва Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил баркатги саламги лъеги нужеда.«Дуниял бижилелдего тӏаса рищана Аллагьас нилъ»
3Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил Эмен – Аллагьасе рецц! Масихӏиде цолъарал нилъеда баркат лъун зобалаздасан лъикӏабщинаб рещтӏинабуна гьес нилъеде. 4Жеги дуниял бижилелдего тӏаса рищана Аллагьас нилъ, Масихӏиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекӏелъ цӏунун, жинда цере рацӏцӏадго ва гӏайиб-хатӏа кколаредухъ хьвадизе. 5Аллагьасул къадар букӏун буго Гӏиса Масихӏидалъун нилъ жиндирго лъималлъун лъугьинаризе. Лъикӏлъи гьабизе бокьидалин Аллагьас гьедин гьабураб! 6Аллагьасе рецц – жиндиего вокьулев Васасдалъун гьес нилъеде баркатги нурги рещтӏинабидал! 7– 8Къурбанлъун лъугьун гӏодобе тӏураб Масихӏил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гӏакъиллъиги лъайги, кӏудияб баркатги гьарзаго рещтӏинабуна. 9Аллагьас нилъее загьир гьабуна Масихӏидалъун тӏубазабизе кколеб букӏараб жиндирго балъгояб мурад. 10Зоб-ракьалда бижанщинаб Масихӏиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетӏерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тӏубазабула болжал щвараб мехалда. 11Масихӏ сабаблъун Аллагьас нилъ тӏаса рищана жиндирго халкълъун рукӏине. Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букӏана 12гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. Тӏоцебе Масихӏиде хьул лъурал гӏадамал ниж ругелъулха! 13Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритӏухъаб рагӏи рагӏараб мехалъин нуж Масихӏиде цолъарал. Масихӏиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб Рухӏалъул мугьру чӏвана. 14Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цӏар-рецц гӏемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букӏиналъул гӏаламатлъун буго гьеб Илагьияб Рухӏ.Масихӏил къудрат
15Гьединлъидал, Тӏадегӏанав Гӏисаде нужеца иман лъунин рагӏаралдаса ва иман лъуразул агьлуялдего нужер рекӏелъ рокьи букӏинги лъаралдаса хадуб, 16дугӏадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. 17Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил Эменлъун вугев къудратав Аллагьас нужеде рещтӏинабеги гӏакъиллъи щвезабулеб ва балъгоябги загьирлъулеб Рухӏ. Гьелъ рачина нуж Аллагь лъаялде. 18Аллагьас нужер рекӏедаги канлъи бихьизабеги. Гьебмехалда бичӏчӏила сунде хьул лъезе нуж гьес ахӏулел ругелали, иман лъуразул агьлуялъе гьесул илагьияб ирсги кигӏан бечедаб бугебали. 19Бицун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб гьесул къуват нилъелъ, жиндир къудраталдалъун иман лъуразулъ, букӏинги бичӏчӏила. 20Гьебго къуваталъин Аллагьас Гӏиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гӏодов чӏезавурав. 21Тахида ругелги, кверщел бугелги, хӏакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухӏаздаса тӏадегӏанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукӏине ругелги киналго цӏараздаса тӏадегӏанаб кьуна гьесие цӏарги. 22Кинабго гьесул хӏатӏикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кӏодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетӏерлъунги гьавуна. 23Масихӏил Черхлъун ккола гьеб агьлу. Кинабго камиллъизабулес камиллъизабула гьебги.
Copyright information for
AvaIBTNT