Ephesians 2
Масихӏица бачӏараб хвасарлъи
1Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагӏийин нужги рукӏарал. 2Цебе нужеца гӏумру гьабулеб букӏана гьаб дуниялалъул гӏадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул ▼▼Аллагьасде гӏагарлъизе гӏадамазе квалквал гьабун зобалаздаги ракьалдаги гьоркьоб чӏараб илбис.
амруялда рекъон. Аллагьасе мутӏигӏлъулареб агьлуялда тӏад гьабсагӏатги кверщел гьабулеб буго гьес. 3Гьединал гурищ нилъ киналго рукӏарал! Нилъерго гьаваялдаги квешал къасдаздаги хадур ун, чорхоеги рекӏееги бокьанщинаб гьабулаан нилъеца. Гьеб тӏабигӏат сабаблъун, цогидазего гӏадин, Аллагьасул ццин бахъин насиблъун букӏана нилъееги. 4Амма Аллагь цӏоб гӏатӏидав вуго! Нилъедехун бугеб кӏудияб рокьиялдалъунин 5мунагь сабаблъун хун рукӏарал нилъ Масихӏида цадахъ гьес чӏаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ. 6– 7Гӏиса Масихӏидалъун нилъеде гьарзаго рещтӏараб баркаталъул кӏодолъиги цӏобалъул гӏатӏилъиги хадусел гӏасрабазда загьир гьабизе нилъ Масихӏ Гӏисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскӏор гӏодор чӏезаруна. 8Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цӏобалдалъунин. 9Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, – гьелдаса чӏухӏуге щивниги. 10Аллагьасин нилъ, Масихӏ Гӏисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукӏарал лъикӏал ишал тӏуразаризелъун. Жугьутӏалги жугьутӏал гурелги цого халкълъун лъугьана
11Хӏасил, нужеда кӏочон тоге нуж жугьутӏаллъун рижун рукӏинчӏолъиги, чорхол лага къотӏун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичӏелилан» цӏар лъун букӏараблъиги. 12Доб мехалда нуж Масихӏидаса рикӏкӏад рукӏана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукӏана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукӏарал къотӏабиги кьун букӏараб рагӏиги нужеда хъатӏулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукӏана хьул лъезе бакӏги гьечӏел Аллагьги гьечӏел гӏадамал. 13Цере Аллагьасдаса рикӏкӏад рукӏарал нуж, гьанже Масихӏиде цолъун, гӏагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав Масихӏил би сабаблъун. 14Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутӏалги жугьутӏал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букӏараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна. 15Кӏиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цӏияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагӏидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун. 16Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кӏиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тӏадго чӏвана гьезул тушманлъиги. 17Вачӏун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикӏкӏалъун рукӏарал нужедаги ва гьесде гӏагарлъун рукӏараздаги. 18Гьединлъидал гьесдалъун цого Рухӏалъул цӏурал нилъее (жугьутӏазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине. 19Хӏасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гӏадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. 20Чапарзабазги аварагзабазги тӏамураб кьучӏалда тӏад бараб миналъун руго нуж. Кьочӏол гамачӏлъунги Масихӏ Гӏиса вуго. 21Гьелда тӏад чӏурканго балеб буго тӏолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ. 22Аллагьасул Рухӏ рещтӏараб рукълъун рукӏине, Масихӏгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун.
Copyright information for
AvaIBTNT