Ephesians 3
«Дие загьирлъана Аллагьасул балъголъи»
1Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гӏадамазе – гӏоло дун, Павел, лъугьун вугев Гӏиса Масихӏил туснахъавлъун. 2Гьайгьай, нужеда рагӏун батила нуж гӏуцӏа-къазе кигӏан кӏудияб тӏадкъай жиндирго цӏобалдалъун Аллагьас дие кьурабали. 3Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хӏакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букӏана. 4Гьединлъидал гьаб кагъат цӏалидал лъала нужеда Масихӏил балъголъи кин дида бичӏчӏулеб бугебали. 5Цересел наслабазе загьирлъун букӏинчӏеб гьеб балъголъи гьанже Рухӏалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. 6Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гӏадамазе, жугьутӏазего гӏадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутӏалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутӏазе кьун букӏараб рагӏи гьанже Масихӏ Гӏисадалъун Рохалил хабаралъе гӏахьалаблъунги лъугьана. 7Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тӏибитӏизабизе. 8Иман лъуразул тӏолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гӏакълу-лъай хадуб гӏунтӏулареб Масихӏил хазинаялъул хӏакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гӏадамаздаги бицине 9ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хӏукму тӏубараблъи киназего загьирги гьабизе. 10Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухӏазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батӏи-батӏияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гӏакъиллъи. 11Жиндирго абадияб хӏукму Аллагьас тӏубазабуна нилъер Тӏадегӏанав Масихӏ Гӏисадалъун. 12Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хӏинкъичӏого ва ракӏчӏун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. 13Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гӏазаб кьолеб бугилан ракӏ гӏодоб чӏван рукӏунгейилан. Гьеб гӏазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел.Павелил гьари-дугӏа
14Хӏасил, Инсуда цеве накабазда чӏун вуго дун. 15Зоб-ракьалда ругелщиназе чӏаголъи гьесул цӏаралдасан бачӏараб буго. 16Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее Рухӏалдалъун къуват кьейилан, нужер ракӏ къвакӏизабейилан, 17иман лъеялдалъун Масихӏ нужер рекӏелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучӏлъунги лъугьаги. 18Гьебмехалда, нужер гьунар гӏела, киналго иман лъуразда гӏадин, нужеда Масихӏил рокьи лъазе – гьелъул гӏеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе. 19Лъазего кӏолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, – Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине. 20Жинда гьаризе нилъеда кӏолелдасаги, хӏатта нилъеда ракӏалде кколелдасаги гӏемерго цӏикӏкӏарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц! 21Гӏиса Масихӏил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе!
Copyright information for
AvaIBTNT