Ephesians 4
Павелил амруял
1Тӏадегӏанав сабаблъун жанив тӏамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тӏаса рищун рукӏиналъе мустахӏикъаб куцалда хьвадейилан. 2Чӏухӏи-пахрулъи чӏвараллъун, гӏодоре риччараллъун рукӏа. Цояз цоял хӏехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде. 3Ракълил рахсица цоцаздехун рухьун, хӏаракат бахъе Рухӏалъ кьураб цолъи нужелъго цӏунизе. 4Цохӏого Черхги, цохӏого Рухӏги, Аллагьас нуж тӏаса рищун ругелъул, цохӏого хьулги, 5цохӏого Тӏадегӏанавги, цохӏого божи-иманги, цохӏого мунагьал чуриги, 6киназулго Эмен – цохӏого Аллагьги. Нилъ киназдасаго тӏадегӏанав вуго гьев, нилъер киналго ишазулъги вуго, нилъ киназулъгоги вуго. 7Амма нилъее киназегоги щивасеги щун буго батӏи-батӏияб гьунар – Масихӏица кьураб сайигъаталъул хасаб бутӏа. 8Гьединлъидал Тӏухьдузда хъван буго: «Гьев тӏадегӏан вахана, гьес гӏемерал асирал рачун рачӏана, гӏадамазе сайигъатал рикьана». 9Тӏадегӏан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукӏун вуго. 10Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукӏаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб? 11Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихӏатчагӏилъун цоял, – 12Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва Масихӏил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гӏадин щулалъизабизе. 13Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. Тӏубанго балугъал гӏадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, Масихӏил камиллъиги насиблъила нилъее. 14Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батӏи-батӏияб чвахиялъ росун унел лъимал гӏадинал гӏадамаллъун рукӏине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хӏилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз. 15Рекӏелъ рокьигун битӏараб бицани, нилъ кӏудиял гӏела, сундулъго Масихӏиде гӏагарлъила. Гьев вуго бетӏер! 16Бетӏералъин чорхол киналго лугби цолъизарулел. Щукӏдуз цоцаздехун щула гьарула гьел. Щибаб лагаялъулги букӏуна жиндирго иш. Рокьиялъ гӏуцӏула ва кӏудияб гӏезабула черх.Масихӏиде цолъун – цӏияб гӏумру
17Гьале дица нужеда абулеб ва Тӏадегӏанасул цӏар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тӏекъаб гурони гӏакълу гьечӏел мажусиял гӏадин нуж хьвадугейилан! 18Гьезул пикру-бичӏчӏи бецӏлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракӏбицалъиги сабаблъун, гьел рикӏкӏалъун руго Аллагьасде руссараб гӏумруялдаса. 19Сунцаго рекӏее асар гьабулареллъун лъугьун, хӏарамабщиналъ гӏорцӏулел гьечӏо гьел, напс ккун чӏезабулеб чӏолохъжоги гьез бахъун рехун буго. 20Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда Масихӏил хӏакъалъулъ бицун букӏараб. 21Хӏакълъунго нужеда гьев лъан вуго. Нужеда бициндалха гьесулъ кинабго хӏакъабщинаб бугилан! 22Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гӏадинаб гӏамал гӏодобе рехе нужеца. 23Нужерго рухӏги гӏакълуги цӏилъизабе. 24Аллагьасул суратлъун вугев, хӏакълъунго ритӏухъав, вацӏцӏадав цӏидасан вижарав Инсанлъун лъугьине хӏаракат бахъе. 25Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскӏов вугесда битӏараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ! 26Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букӏаго бакъ тӏерхьунгеги! 27Илбисалъе нуцӏа къируге! 28Цӏогьодулев вукӏарав цӏогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магӏишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букӏине. 29Насихӏат гъорлъ бугеб ва гӏенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагӏи бачӏунгеги нужер мацӏалде. 30Аллагьасдасан бачӏараб Илагьияб Рухӏ пашманлъизабуге, тӏубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чӏван бугеб. 31Нужеца рехун те хӏалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахӏи-хӏур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал. 32Цоцазда гьоркьор лъикӏ рукӏа, хӏеренго рукӏа, цоцада тӏасаги лъугьа, Масихӏие гӏоло Аллагь нужеда тӏасалъугьарав гӏадин.
Copyright information for
AvaIBTNT