‏ Ephesians 5

1Аллагьасда релълъине хӏаракат бахъе, гьесие рокьулел лъималлъидал нуж. 2Нилъее гӏоло къурбанлъун лъугьарав Масихӏие нуж рокьарал гӏадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махӏгьуинаб ва лъикӏаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. 3Хъахӏбалъи, пасалъи ва чияр боцӏуде хъантӏи гӏадинал жалазул цӏар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечӏо.

4Хъубаб, гӏантаб ва гӏадан гӏад-хочӏ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечӏо. Гьелде руссун рукӏинчӏого, Аллагьасе рецц гьабе. 5Хъахӏбалъи, ракӏ хъублъи ва хъантӏи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гӏамал бугев цониги чиясе Масихӏилги Аллагьасулги Парччахӏлъиялъул бутӏа щолареблъи лъай нужеда.

6Гьерсица гуккизе чӏоге. Мутӏигӏлъуларезде Аллагьасул ццин рещтӏинабула гьелъ. 7Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца. 8Цере нуж бецӏлъукь рукӏана, гьанже Тӏадегӏанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гӏадамал гӏадин хьваде. 9Нуралъ бижизабураб буго лъикӏаб гӏамал-хасиятги, ритӏухълъиги ва хӏакъабщинабги. 10Тӏадегӏанасул рекӏее щиб къабуллъулебали лъазе хӏаракат бахъе. 11Бецӏлъиялъул пайда гьечӏел ишазулъ гӏахьаллъуге. Гьел къватӏир чӏвазаризейин нужеца кколел. 12Бецӏлъуда балъгого гьарулел ишазул хӏакъалъулъ бицинегицин намуслъула. 13Канлъи речӏчӏидал бихьула кинабго къватӏиб чӏвазабурабщинаб. Канлъухъе бихьулебщинабги нурлъун лъугьуна. 14Гьединлъидалин абулеб: «Кьижарав, ворчӏа! Хваралъуса вахъа – нуралъ гвангъизавила мун Масихӏица!»

15Нужерго гӏамал-хасияталда хадуб халккве. Гӏабдалзабазда релълъун хьвадичӏого, гӏакъилазда релълъун хьваде. 16Заманаялдаса пайда босизе хӏаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал. 17Жагьилаллъун рукӏунге, Тӏадегӏанасул амру бичӏчӏизе тӏалаб гьабе. 18Чогъроца мехтизе рукӏунге, пасалъиялде рачуна гьелъ. Илагьияб Рухӏалъ цӏезаре нужго. 19Забуралдасан, туркабаздасан ва диниял кучӏдуздасан калимабаздалъун гаргаде цоцаздехун. Ракӏ-ракӏалъго ахӏе нужеца Тӏадегӏанав веццарал кучӏдул. 20Нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил цӏарги рехсон, кидаго ва сундухъго Эмен – Аллагьасе шукру гьабе.

Лъудбиги росалги

21Масихӏил хӏурмат гьабун цоцазе мутӏигӏлъе. 22Тӏадегӏанасего гӏадин, россабазеги мутӏигӏлъе лъудби. 23Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетӏерлъунги Масихӏ вугев гӏадин, росасги бетӏерлъи гьабула лъадуе. 24Иман лъуразул агьлу Масихӏие мутӏигӏлъулеб гӏадин, лъадиги сундулъго росасе мутӏигӏлъе. 25 26Лъадалъ ччун рахъунги ва рагӏудалъунги гьел рацӏцӏад гьаризе жинца рухӏ кьурал иман лъуразул агьлу Масихӏие бокьулеб гӏадин, росабазе лъудбиги рокьа. 27Масихӏие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, – тӏанкӏ гьечӏого, рукӏкӏел гьечӏого ва цогидаб сакъатги гьечӏого. Бацӏцӏадабги гӏайиб-хатӏа гьечӏебги букӏине бокьун буго.

28Гьединлъидал россабазе жидерго лъудбиги рокьизе ккола, жидерго черх гӏадин. Лъади йокьулесе живгоги вокьула. 29Жиндирго черх рихарав инсан цониги вижичӏо. Гьес кваназе жо чӏезабула, чорхол тӏалаб-агъаз гьабула, иман лъуразул агьлуялъул Масихӏица тӏалаб-агъаз гьабулеб гӏадин. 30Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха! 31Тӏухьдузда хъван буго: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чӏела жиндирго чӏужуялде вуссун, ва гьел кӏиялго цолъун, цого лъугьина». 32Гьел рагӏабазулъ кӏудияб балъголъи буго, амма дида бичӏчӏулеб буго Масихӏилги иман лъуразул агьлуялъулги хӏакъалъулъ бугин гьеб калима. 33Нужеда гьоркьоса щивав чиясеги лъади, живго гӏадин, йокьизе ккела. Лъадуцаги росасул хӏурмат гьабизе ккела.

Copyright information for AvaIBTNT