‏ Ephesians 6

Эбел-эменги лъималги

1Лъималги, Тӏадегӏанасде цолъун, эбел-инсуе мутӏигӏлъун лъикӏ. 2Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тӏуразаруни шапакъат щолилан рагӏи кьурал амруял. Гьезул тӏоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе. 3Цинги мун лъикӏ вукӏина ва дур гӏумруги халалъила».

4Умумузги лъимал къварид гьаруге. Тӏадегӏанасул амруялда рекъон гӏезаре, гьезие тарбия кье ва лъикӏабщинаб малъе.

Лагъзалги бетӏергьабиги

5Лагъзалги хӏинкъа-къан мутӏигӏлъе жидерго бетӏергьабазе. Масихӏие гьабулеб гӏадин, ракӏ-ракӏалъго хъулухъ гьабе гьезие. 6Хӏелхӏелчагӏаз гӏадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тӏубазабулел Масихӏил лагъзадерица гӏадин, ракӏ-ракӏалъго гьабе. 7Гӏадамазе гуреб, Тӏадегӏанасе хъулухъ гьабулеб бугеб гӏадин, гъираялда гьабе. 8Лагъ вукӏа, узден вукӏа, лъикӏлъи гьабулев чиясе Тӏадегӏанасдасан шапакъат щолеблъи кӏочон тоге.

9Нужги, лагъзадерил бетӏергьаби, гьединго лъикӏ рукӏа нужерго лагъзадеридехун. Гьел хӏинкъизаруге. Нужерги гьезулги зобалазда цохӏо Бетӏергьан вукӏин кӏочон тоге. Щивниги ватӏа гьавуларо гьес.

Илбисалъул боялда данде рагъ

10Кагътил ахиралдаги – Тӏадегӏанасде цолъун, гьесул къуват-гучалдалъун нужго къвакӏизаре. 11Аллагьасул къолден ретӏе, илбисалъул макруялдаса къунгутӏизе. 12Гӏадамазда данде гурел, – тахида ругелги кверщел бугелги рухӏазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецӏаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел. 13Гьедин бугелъул – Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригӏунебщинаб ретӏе, чӏегӏераб къо чӏедал гьезда дандечӏезеги щибго хӏехьезеги нужер къуват-гуч гӏезе. 14Хӏакъабщиналъул рачелги борчун, ритӏухълъиялъул къолденги ретӏун, къвакӏун чӏа нуж! 15Ракълил хӏакъалъулъ рохалил хабар бицине къватӏире рахъине нужерго хьиталги къачӏай. 16Цинги – божи-иманалъул хъалхъан хъатикь щулаго ккве! Гьелъ свинарила илбисалъ нужеда речӏчӏулел киналго цӏа рекӏарал чӏорал. 17Тархъанлъиялъул такъияги лъе, Рухӏалъул хвалченги хъатикь ккве. Гьеб ккола Аллагьасул рагӏи.

18Илагьияб Рухӏалъ цӏезарун, киналго дугӏаби гӏемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукӏа. Тӏолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тӏадчӏун ва ракӏ-ракӏалъго дугӏабиги гьарун, рорчӏуда чӏа. 19Дун рехсонги гьабе дугӏа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хӏакъалъулъ хӏинкъичӏого бицине дица кӏал ричӏулебщинахъе гьелъие рекъарал рагӏаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. 20Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тӏадаб налъиги тӏубазабун, хӏинкъичӏого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре.

Кагътил ахир

21Дун кин вугевали ва щиб гьабулев вугевали нужеда Тихикица бицина. Гьев вуго дие хирияв диналъул вацги Тӏадегӏанасе хъулухъ гьабулев ритӏухъав чиги. 22Нижер ишазул бицине ва нужер ракӏбатизабизе гӏолойин дица гьав витӏулев вугев.

23Эмен – Аллагьасдасан ва Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏидасан рещтӏараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутӏаги, вацал, нужелъ! 24Аллагьасул баркат насиблъаги нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏиде абадияб рокьи рекӏелъ бугезе!

Copyright information for AvaIBTNT