‏ Galatians 1

Саламалъул рагӏаби

1 2Гӏадамаз витӏичӏев, гӏадамазул кумекалдалъунги витӏичӏев, живго Гӏиса Масихӏица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витӏарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагӏатазде. 3Нилъер Эмен – Аллагьасул ва Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил баркатги саламги лъеги нужеда. 4Гьаб гӏасияб гӏасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, Гӏиса Масихӏица живго рецӏалие кьуна. 5Нилъер Эмен – Аллагьасе абадул абадиялъго реццги цӏарги! Амин!

Нуж цогидал «рохалил хабаралде» руссун руго

6Дун хӏикмалъун вуго Масихӏил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахӏарав Аллагь нужеца гьадигӏан хехго рехун тедал. Нуж батӏияб «рохалил хабаралде» руссун руго, 7хӏакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гӏадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хӏаракат бахъулеб буго Масихӏил хӏакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. 8Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хӏатта нижеца яги зодисан рещтӏарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагӏана батаги гьеб лъазабурасе. 9Нижеца цебеги абун букӏана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батӏияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагӏана батаги!

10Дидаса гӏадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. Гӏадамазда дунго лъикӏ вихьизеги гуро. Цебего гӏадин, гӏадамазда лъикӏ вихьизе жал дица гьарулел рукӏаралани, дун Масихӏил лагълъун вукӏинароан.

Масихӏица витӏана дун чапарлъун

11Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гӏадамаздасан бачӏараб гуро. 12Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечӏо дихъе гьеб. Дие гьеб Гӏиса Масихӏица загьир гьабуна.

13Нужеда рагӏанагури, жугьутӏ диналда дун вукӏараб мехалъ, дица гьарулел рукӏарал жалазул хӏакъалъулъ, – Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гӏасиго гӏазаб-гӏакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан. 14Жугьутӏ диналда вукӏараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гӏемерал гӏелбащадаздаса. Цӏакъго-цӏакъ цӏунулел рукӏиндалха дица дирго умумузул гӏадатал! 15Амма эбелалъул ургьивго дун тӏаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахӏарас 16дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хӏакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гӏакълу дандбачӏо. 17Дидаса цере чапарзабилъун лъугьарал гӏадамал рихьизе Иерусалималдеги инчӏо дун. Дун ана гӏарабиязул ракьалде, цинги Дамаск шагьаралде тӏадвуссана. 18Гьелдаса хадуб лъабго лъагӏел сверидал, дун, Кефа
Кефа – Пётрил цогидаб цӏар.
вихьизе бокьун, Иерусалималде ана. Гьесда аскӏоб дица анцӏила щуго къо бана.
19Тӏадегӏанав Гӏисал вац Якъуб гурони, цогидал чапарзаби дида рихьичӏо.

20Хӏакъал рагӏаби руго гьал дица нужехъе хъвалел. Аллагьасда лъала дица гьереси бицунеб гьечӏеблъи.

21Цинги дун ана Сириялъул ва Киликиялъул ракьалде. 22Гьеб заманалда дун жеги вихьун вукӏинчӏо Масихӏиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагӏатазда. 23Гӏицӏго цогидаз бицун лъалеб букӏана гьезда цеве нилъеда дандечӏун вукӏарав чияс гьанже тӏибитӏизабулеб бугин доб мехалда жинца щущахъ биххизабизехъин букӏараб дин. 24Дие ккарабщинабги рагӏун, гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букӏана.

Copyright information for AvaIBTNT