Galatians 2
Иерусалималда чапарзабигун дандчӏвана дун
1Цинги анцӏила ункъо соналдасан Барнабада цадахъ нахъеги Иерусалималде ана дун, Титги цадахъ вачана. 2Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. Батӏи-батӏиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикӏкӏунел гӏадамазда бицана, батӏаго гьелгун дандчӏван. Гӏадада ккечӏодай дир чодул кӏанцӏи, пайда бахинадай гьанже кӏанцӏиялъулгиян абуна дица гьезда. 3Дида цадахъ вукӏарав Титцин, гьев грекав вукӏаниги, сунат гьабизе лъицаниги тӏамичӏо гьенив. 4Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчӏулел рукӏана, Масихӏ Гӏисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун. 5Рохалил хабаралъул хӏакъаб магӏна нужелъ хутӏизелъун цо лахӏзаталъгицин мутӏигӏлъичӏо ниж гьезие. 6Амма къо-асс бугелилан рикӏкӏунел гьел гӏадамаз, – дие батӏалъи гьечӏо гьел щал рукӏун ратаниги, гьурмахъ балагьун иш гьабуларелъулха Аллагьас, – къо-асс бугелилан рикӏкӏунел гьел гӏадамаз щибго тӏаде жубачӏо дица лъазабулеб букӏаралде. 7Гьелъул гӏаксалда, гьезда бихьана, жугьутӏазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букӏарабго гӏадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букӏин. 8Жугьутӏазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букӏараб Рухӏ дилъги букӏиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букӏараб мехалда. 9Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукӏинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутӏруллъун рикӏкӏунел рукӏарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. Хӏукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутӏазухъе ине. 10Гьез цохӏо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кӏочон тогеян, – гьелъиени дица кидагоги хӏаракат бахъула!Антиохиялда Пётрида дандечӏун кӏалъана дун
11Амма Пётр Антиохиялде вачӏараб мехалъ, гӏадамазда цеве гьесда дандечӏун кӏалъазе вахъана дун, гьениб гьес гьабидалха гӏайиб чӏвазе ккараб иш. 12Якъубица ритӏарал гӏадамал гьенире рачӏиналде гьев кваналаан мажусиязда гьоркьоса иман лъуразда цадахъ гӏодовги чӏун. Гьел рачӏун хадуса гьес байбихьана, жугьутӏазда гьоркьоса иман лъураз жиндаго гӏайиб чӏвалилан хӏинкъун, дозда аскӏоса ватӏалъизе. 13Гьесда цадахъ гьебго жо хӏазе лъугьана цогидал жугьутӏалги. Хӏатта Барнабагицин лъугьана гьезухъего хӏазе! 14Рохалил хабаралъул хӏакъикъияб нухдаса гьел кьурулел рукӏин бихьидал, киналго ругеб бакӏалда дица Кефада абуна: «Жугьутӏав вугониги, мун цогидал халкъазул гӏадамал гӏадин хьвада-чӏвадулев вуго. Дуца цогидал халкъазул гӏадамал щай тӏамулел ругел жугьутӏазухъего хьвадизе?» – ян.Масихӏиде иман лъеялдалъун ритӏухълъула гӏадамал
15«Мунагьазул цӏурал мажусияллъун» гурел, жугьутӏаллъун рижун руго ниж. 16Амма нилъеда лъала Аллагьасда цеве инсан, Къанун цӏуниялдалъун гурев, цохӏо Гӏиса Масихӏиде бугеб божи-иманалдалъун ритӏухълъулевлъи. Нилъеца Гӏиса Масихӏиде иман лъуна, – Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун гуреб, Масихӏиде иман лъеялдалъун Аллагьасда цере ритӏухълъизе бокьун. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун цониги инсан ритӏухълъуларо. 17Масихӏидеги цолъун, Аллагьасда цере ритӏухълъизе нилъеца хӏаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагӏилъун лъугьунел ругони, – Масихӏги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магӏна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро! 18Дицаго биххизабунщинаб жо цӏидасан гьабизе лъугьани, Мусал Къанун хвезабурав такъсирчилъун лъугьинавила дица дунго. 19Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чӏвана Аллагьасе гӏоло дица гӏумру гьабизе. Масихӏида цадахъ хъанчида варав чийин дунги. 20Гьединлъидал дун тӏокӏалъ чӏаго гьечӏо, амма дилъ Масихӏ чӏаго вуго. Гьабсагӏат дир бугеб гӏумру – гьеб буго Аллагьасул Васасде иман лъеялдалъун щвараб гӏумру. Гьесие дун вокьана ва жиндирго гӏумруги гьес дие кьуна. 21Аллагьасул баркаталдаса дица инкар гьабуларо. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун Аллагьасда цеве ритӏухълъизе инсанасда кӏолеб бугони, Масихӏил хвел гӏададисеб буго!
Copyright information for
AvaIBTNT