‏ Galatians 3

Къотӏиги Къанунги

1Вай, нуж гӏакълу гьечӏел галатиял! Гӏажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве Гӏиса Масихӏ хъанчида ван вихьарал гӏадинал гӏадамал гурищ нуж рукӏарал. 2Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб Рухӏ щвараб, яги, Рохалил хабар рагӏун, гьелда божиялдалъунищ? 3Гьедигӏанго гӏантал гӏадамалищха нуж? Рухӏалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугӏизабулебищ бугеб? 4Нужеда тӏаде ккараб хӏалбихьиги хӏехьараб къварилъиги гӏададайищха ккараб? Гӏадада ккезе бегьилищ гьеб! 5Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагӏун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб Рухӏ кьураб ва нужеда гӏаламатал рихьизарурал? 6Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритӏухъав чилъун рикӏкӏана. 7Нужеда лъан букӏа: божи-иман къабул гьабурал гӏадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола.

8Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритӏухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, Тӏехьалда хъван букӏана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан. 9Гьедин иманалде рачӏаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгӏанасеб баркат. 10Къанун цӏуниялде мугъчӏвай гьабулел гӏадамал нагӏанадулъ къан руго. Тӏехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тӏехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тӏубазабуларесе нагӏана щола». 11Гьелдасан бичӏчӏула Къанун цӏуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритӏухъавлъун рикӏкӏунаревлъи. Хъван буго: «Вацӏцӏадав инсан божи-иманалдалъун чӏаго хутӏила». 12Божи-иманалдасан гуро Къанун бачӏун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тӏуразариялдалъун инсан чӏаго хутӏила», – абун. 13Къануналъул нагӏанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гӏоло гьеб жиндаго тӏаде босана Масихӏица. Тӏехьалда хъван бугелъулха: «Гъотӏода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагӏана буго». 14Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагӏи кьун букӏараб баркат Масихӏ Гӏисадалъун халкъазе щвезе гӏоло ва Аллагьас къотӏи гьабун букӏараб Рухӏ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гӏоло.

15Гьале, вацал, нужее гӏадамазул гӏумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечӏо. 16Гьединго Аллагьасги рагӏи кьун букӏана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гӏемерал чагӏийилан) абун гьечӏо, «наслуялъул чийилан» (цохӏо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго Масихӏ. 17Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букӏараб къотӏи
Павелица кагъат хъвараб греказул мацӏалда «къотӏи» ва «васият» цого рагӏи ккола.
хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагӏиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтӏараб Къануналъ.
18Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагӏи кьун букӏиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтӏинабуна жинца кьураб рагӏуда рекъон.

19Гьедин батани, Къанун щайха къваригӏун букӏараб? Такъсир сабаблъун тӏаде жубан букӏана гьеб. Аллагьас рагӏи кьун букӏарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачӏинегӏан хӏалтӏизабизе рещтӏана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукӏана. 20Гьоркьохъан вукӏуна кӏигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохӏо вуго!

21Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагӏиялде дандечӏунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечӏо! Камилаб гӏумру кьезе кӏолеб Къанун щун букӏарабани, гьебмехалда хӏакъикъаталдаги Къануналдалъун ритӏухълъилаан Аллагьасда цере. 22Тӏухьдуз бицунеб буго тӏолабго гӏалам мунагьалъулъ къан бугин, – Гӏиса Масихӏида божарасе кьелилан рагӏи кьун букӏарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гӏоло.

23Божи-иман рещтӏинегӏан ниж жанир тӏамун рукӏана, Къануналъ хъаравуллъиги чӏезабун. Гьедин хутӏана божи-иман загьирлъизегӏан. 24Цинги, Масихӏ вачӏинегӏан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритӏухълъизе. 25Божи-иман рещтӏун хадуса ниж хутӏичӏо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь. 26Масихӏ Гӏисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги.

27Масихӏидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва Масихӏ нужее цӏияб ретӏеллъунги лъугьана. 28Гьанже тӏокӏалъ гьечӏо я жугьутӏал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана Масихӏ Гӏисадалъун. 29Масихӏилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гӏадамал ва Аллагьас кьураб рагӏиялъул ирсилал.

Copyright information for AvaIBTNT