‏ Galatians 4

1Дица гьадин абила: гьитӏинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукӏуна, жиндирго бечелъиялъул бетӏергьан вугониги. 2Инсуца цӏараб болжалалде щвезегӏан гьев вукӏуна къайимзабазулги рукъалъул иш тӏадкъаразулги кверщаликь. 3Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукӏана дуниялалъул тӏабигӏиял къуватазул кверщаликь. 4Амма, заман цӏубараб мехалда, Аллагьас витӏун вачӏана чӏужугӏаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев – 5Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине.

6Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул Рухӏ нилъер ракӏазулъе рещтӏинабуна, ва гьеб Рухӏалъ ахӏулеб буго: «Абба
Гьеб рагӏи хъван буго арамеязул мацӏалда. Гьелъул магӏна ккола: «дада», «эмен».
! Я дир Эмен!» – абун.
7Гьединлъидал тӏокӏалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун.

Къануналъул рукь горбоде ккезе биччаге

8Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукӏинчӏо, – гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутӏун рукӏана нуж. 9Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битӏун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кӏоларел ва пайда гьечӏел къуватазде нахъеги тӏадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел? 10Нужеца хирияллъун рикӏкӏунел руго цо хасал къоял, моцӏал, лъагӏалил заманаби ва лъагӏелал. 11Дун хӏинкъун вуго нужее гӏоло гьабщинаб захӏмат баччи гӏададацин гуродай дир ккарабилан.

12Дица нужеда цӏакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичӏо. 13Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загӏиплъун букӏин. Нужеда гьеб лъала. 14Дида бугеб хӏалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукӏаниги, нужеца дун инжитго нахъчӏвачӏо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гӏадин ва Гӏиса Масихӏ гӏадин. 15Доб мехалда нужер ракӏазулъ букӏараб талихӏ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракӏчӏун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие. 16Хӏакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав?

17Гьал цогидал гӏадамал рекӏелъ квешал къасдалгун хурхун чӏун руго нужеда, нуж дидаса ратӏа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чӏезе. 18Гьедин (дун нужеда аскӏов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чӏей лъикӏаб иш бугоан, лъикӏал къасдалгун бугебани гьеб.

19Я дир лъимал, лъимер гьабизе хӏара чӏварай эбел гӏадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутӏила Масихӏил сипат нужелъе лъугьинегӏан. 20Дие цӏакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукӏине, батӏияб къагӏидаялъ нужгун кӏалъазе. Дун нужеда хӏинкъун вугелъулха!

21Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутӏизе бокьарал гӏадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагӏарабищ нужеда? 22Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукӏана кӏиго вас – лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав – цогидав. 23Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гӏадин, узденалъул вас гьавуна – Аллагьас рагӏи кьун букӏиндал. 24Гьелъулъ буго магӏна гъваридаб гӏаламат: гьей кӏияйго чӏужугӏадан ккола Аллагьасул кӏиго къотӏи. 25Гӏарабустаналда бугеб Синай магӏардасан бачӏараб къотӏиялъул гӏаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикӏаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, – гьебги гьелъул гӏадамалги лагълъиялда руго. 26Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго. 27Тӏехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чӏужугӏадан, йоха-хинлъун йикӏа мун. Лъимадул хӏара чӏван унти лъачӏей мун йохун ахӏдезе-чӏчӏичӏчӏидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цӏикӏкӏун руго рехун таралъул лъимал». 28Нужни, вацал, Исхӏакъго гӏадин, Аллагьас кьураб рагӏиялда рекъон гьарурал лъимал руго. 29Цогидалго гӏадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букӏана Аллагьас кьураб рагӏиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги. 30Тӏухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хӏакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе». 31Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго!

Copyright information for AvaIBTNT