‏ Galatians 5

Къанунги эркенлъиги

1Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна Масихӏица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чӏа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге. 2Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее Масихӏидасан щибго пайда букӏине гьечӏо. 3Цоги нухалъ лъазабулеб буго дица: сунат гьабулевщинав чияс тӏолабго Къанун цӏунизе ккола. 4Къанун цӏуниялдалъун Аллагьасда цере ритӏухълъизе бокьарал нуж Масихӏидаса ратӏалъана. Баркаталдасаги тӏуна нуж. 5Нилъер хьул буго Аллагьасда цере ритӏухълъилилан. Божулел ругелъулин нилъ гьелъухъ ралагьун чӏолел. 6Масихӏидехун цолъаразе амрулъун кколаро сунат гьаби ялъуни гьабичӏого тей. Амма гьезие амру ккола цоцазе рокьиялдалъун загьирлъулеб божи-иман.

7Нужер чу лъикӏго бекерулеб букӏана, – хӏакъабщиналда божизе лъицаха нужее квалквал гьабулеб бугеб? 8Нуж жиндихъего ахӏарав Аллагьасдасан бачӏараб жо гуро нужер пикру хисизабизе гьез бахъулеб хӏаракат. 9Гьитӏинаб ицица тӏубараб тӏимугъ кванала. 10Амма дир ракӏчӏола, Тӏадегӏанав Гӏисадехунги цолъун, нужеца батӏияб пикру гьабиларилан. Нуж ита-таризе гьарулев чиясе, щив гьев вукӏаниги, Аллагьас суд гьабила.

11Дирго рахъалъ абуни, вацал, дица цебе гӏадин малъулеб бугеб батани сунат гьабизе кколилан, щиб сабаблъунха дие гьанжеги гӏакъуба кьолеб бугеб? Гьеб гьедин букӏарабани, Масихӏ жинда тӏад вигъараб хъанчил хӏакъалъулъ дир вагӏзаялъ гьезул ццин бахъинабилароан. 12Дие бокьилаан нуж итизе-таризе гьарулел ругел гьел гӏадамал, жидецаго жидерго лугбиги къотӏун, гӏайиблъизе!

13Нуж руго, вацал, эркенго рукӏине Аллагьас тӏаса рищарал чагӏи. Амма гьеб эркенлъиялдаса нужеца пайда босуге нужерго напсалъул гьаваялда нахърилълъине. Цоцазде бугеб рокьиги тӏезе биччаге, вацал, цоцазул лагъзаллъунги рукӏа! 14Тӏолабго Къануналъул магӏна буссун бугелъулха цохӏо амруялде: «Мунго дуего гӏадин вокье дуде гӏагарав чиги». 15Нужго нужедаго хӏанчӏелел ва цоцаца кваналел ругони, цоцаца кванан лъугӏизе гурин нуж. 16Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде Рухӏалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда. 17Напсалъе бокьула Рухӏалъе тушманабщинаб, Рухӏалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. Рухӏги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекӏее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа. 18Рухӏалъ малъараб гьабулеб бугони, Къануналъул кверщаликь рукӏунаро нуж. 19Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахӏбалъи, хъублъи, пасалъи, 20гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихӏручилъи, тушманлъи, дагӏба-къец, ракӏквешлъи, ццидахин, чӏухӏун церекӏанцӏи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гӏуцӏи, 21жахӏда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букӏана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гӏадамазе Аллагьасул Парччахӏлъи насиблъуларо.

22Рухӏалъ инсанасе босун бачӏуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикӏлъи, ракӏлъикӏлъи, божизе бегьи, 23хӏалимлъи, жиндаго квелъ базе бажари. Гьел сабаблъун лъиениги тамихӏ гьабуларо. 24Масихӏ Гӏисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тӏад бигъараб гӏадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна.

25Нилъее гӏумру Рухӏалъ кьун бугелъул, нилъ хьвадизе ккела Рухӏалъ малъухъе. 26Рачӏа нилъ рецц-бакъалда хадур лъугьинарин, цоцазул ракӏхвезабун къацандиларин ва нилъеца цоцаздехун жахӏдаги гьабиларин.

Copyright information for AvaIBTNT