‏ Hebrews 10

1Къанун – хӏакъаб лъикӏлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачӏине бугеб лъикӏлъиялъул рагӏад. Щибаб лъагӏалидаса лъагӏалиде, хисиго гьечӏого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кӏвелищ Аллагьасухъе рачӏунел гӏадамал камиллъизаризе? 2Аллагьасе къурбанал гьарулел гӏадамал хӏакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацӏцӏалъулелани, тӏокӏалъ гьезул рекӏелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгӏаги къурбаналги гьаричӏого телаан. 3Амма щибаб лъагӏалидаса лъагӏалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гӏадамазда жидерго мунагьалги ракӏалде щола. 4Щайин абуни, бусбузулги дугӏбузулги биялда кӏоларо мунагьал чуризе.

5Гьединлъидал, Масихӏ дуниялалде вачӏине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна:

«Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги.

Дуца къачӏана дие черхги.

6Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакӏалда тӏад хӏайванал тӏубанго рухӏиги, мунагьаздаса рацӏцӏалъизелъун гьел хъвейги.

7Хадуб дица абуна: „Гьале, Бетӏергьан, дун вачӏун вуго, дир хӏакъалъулъ Тӏухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тӏубазабизе“».

8Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакӏалда тӏад хӏайванал тӏубанго рухӏиги, гьединго мунагьаздаса рацӏцӏалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хӏакъалъулъ Къануналда хъван бугониги. 9Цинги абуна гьес: «Гьале, Бетӏергьан, дун вачӏун вуго дур амру тӏубазабизе». Гьедин цебехун абураб Масихӏица добегӏан толеб буго, кӏиабизе абурабги гьелъул бакӏалда лъолеб буго. 10Гӏиса Масихӏица Аллагьасул амру тӏубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацӏцӏалъана, киназего гӏоло цохӏо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун.

11Щивав кашишас щибаб къоялъ Аллагьасе хъулухъ гьабула ва цоцазда релълъарал, амма жидедалъун мунагьал чуруларел къурбаналги гӏемер гьарула. 12Масихӏицани цохӏо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кӏолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гӏодовги чӏана. 13Гьев гьенив вукӏуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хӏатӏал лъураб бакӏалда цере чӏезаризегӏан». 14Гьедин цохӏо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацӏцӏалъизарурал гӏадамал.

15Илагьияб Рухӏалъги нугӏлъи гьабула гьелъие. Цин, гьелъ абулеб буго:

16«Гьале бачӏунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб Къотӏи, – ян абулеб буго Бетӏергьанас.

– Дица дирго амруял гьезул гӏакълуялъулъе лъугьинарила.

Гьезул ракӏазда хъвала дица гьел».

17Цинги абулеб буго:

«Гьезул мунагьги гъалатӏ-хатӏаги тӏокӏаб ракӏалде щвезабиларо».

18Аллагь мунагьазда тӏасалъугьунев вугони, гьездаса рацӏцӏалъизе гӏоло гьарулел къурбанал тӏокӏалъ къваригӏунаро.

Нилъ Аллагьасде гӏагарлъулел руго

19Гьединлъидал, вацал, Гӏисал би гӏодобе тӏей сабаблъун, махӏги хӏинкъичӏого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакӏалда жанире. 20Гьелъул пардавалда гьоркьосан гьес нилъеда бихьизабуна абадияб гӏумруялде рачунеб цӏияб нух. Гьеб пардав ккола гьесул черх. 21Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тӏамурав чилъун гьединав бищунго кӏудияв кашиш вугелъулин, 22ракӏ-ракӏалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тӏанкӏги бацӏцӏад гьабун ва бацӏцӏадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гӏагарлъулел ругел. 23Щулаго кквелин нилъеца гьеб нилъ божун ругеб хьул, – нилъее рагӏи кьурав Аллагьасда божизе бегьулелъулха. 24Хӏаракат бахъилин цоцаздехун рекӏелъ рокьи цӏунизе ва цоцазе лъикӏлъи гьабизе. 25Цо-цояз рехун толеб гӏадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскӏоре данделъулеб гӏадат. Тӏадегӏанав вачӏунеб Къо гӏагарлъулеб букӏин бихьанагӏан, цӏикӏкӏун ракӏбатизабилин цоцазул.

26Хӏакъабщинаб лъан хадубги бокьун-разилъун нилъеца мунагьал гьаруни, гьел нилъеда тӏаса ккезарулел къурбанал рукӏунареблъи лъай. 27Амма Аллагьасда дандечӏаразе гӏасияб тамихӏ букӏине буго, гьел кӏкӏунеб цӏадул бухӏиги цӏикӏкӏараб буго. 28Мусал Къанун цӏуничӏого такъсир гьабурав чи расги гурхӏичӏого чӏвала, кӏиго яги лъабго чиясул нугӏлъи бугони. 29Аллагьасул вас гӏад-хочӏ гьавурав чиясе кинаб тамихӏдай букӏина? Жив мунагьалдаса вацӏцӏад гьавураб ва илагьияб Къотӏи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букӏина? Илагьияб Рухӏалдасан бачӏунеб баркат инжит-хӏакъир гьабулесе кинабдай букӏина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихӏ кигӏан цӏикӏкӏараб букӏинебали! 30Нилъеда лъала Аллагьас гьадин абураблъи: «Дицайин къисас босулеб, дир ишин гьеб рецӏел боси», цогиги: «Бетӏергьанас жиндирго халкъалъе суд гьабила». 31Цӏакъ хӏинкъизе ккараб иш буго хӏакъав Аллагьасда цеве чӏей!

32Цебесеб заман ракӏалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тӏад къалъарал къоязда гӏемераб гӏазаб-гӏакъуба баччана нужеца. 33Цо заман букӏана нуж халкъалда цере рачун инжит-хӏакъир гьарулеб. Цоги заман букӏана гьедин гӏазабалда ругезул нужеца тӏалаб гьабулеб. 34Туснахъалда ругездаги гурхӏана. Нужер боцӏи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукӏана. Нужеда лъалеб букӏиндалха кодоса бахъизе кӏолареб, цӏакъго лъикӏаб бечелъи нужер бугеблъи. 35Гьединаб ракӏчӏеялдаса махӏрумлъизе рукӏунге, гьелдалъун нужее кӏудияб кири щола. 36Нужее сабру къваригӏуна Аллагьасул амру тӏубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагӏи тӏубазегӏанги.

37Тӏухьдузда хъван буго:

«Цодагьабго заман индал вачӏина дов вачӏине кколев чи.

Гьев кватӏизе гьечӏо.

38Дие ритӏухъавщинав чи, дида божун чӏани, чӏаго хутӏила.

Гьев нахъе къачӏони,

дун гьесдаса разилъила».

39Нахъе къалел ва нухдаса тарулел чагӏи гуро нилъ. Нилъер рекӏелъ божи-иман буго, нилъ хвасарлъизеги руго.

Copyright information for AvaIBTNT