Hebrews 11
«Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин...»
1Божи-иман ккола нилъеца хьул гьабулелда ракӏчӏей ва нилъеда бихьулареб жо хӏакъаб букӏин чӏезабиги. 2Цебе заманалдаги божи-иман бугел гӏадамаздасайин Аллагь разилъулев вукӏарав. 3Божи-иманалдалъунин нилъеда бичӏчӏулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагӏудалъун бижараб букӏин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букӏин. 4Божи-иманалъин Гьабилида малъараб Аллагьасе кьезе Къабилилалдаса лъикӏаб къурбан. Гьесулъ божи-иман букӏиналъин ритӏухъав чи вугилан Аллагь гьесдаса разилъарав, Аллагьас жинцаго къабул гьабуна гьесул къурбанги. Гьев хвана, амма божи-иманалдалъун гьес гьабураб иш гьанжеги нилъедехун кӏалъалеб буго. 5Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, хвел бихьизе биччачӏого, Аллагьас Гьенох зобалазде восарав. Гьев тӏагӏанин, Аллагьас гьев жиндихъего вачанин, Аллагьас жиндихъего вачиналде, Аллагьасе бокьухъе тӏамунин гьес гӏумруйилан хъван буго. 6Божи-иман гьечӏони, лъиданиги кӏоларо Аллагьасе бокьараб гьабизе. Аллагьасухъе вачӏунев чи божизе ккола Аллагь вукӏиналда ва жив валагьизе лъугьарасе гьесдасан шапакъат щолеблъиялда. 7Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, жеги рихьизе рес гьечӏел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, Нухӏ авараг Аллагьасухъ гӏенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. Нухӏил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гӏаламалъулго гӏайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритӏухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб. 8Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, Ибрагьим Аллагьасе мутӏигӏлъарав, гьесие ирсалъе щвезе кколеб ракьалде айилан ахӏараб мехалда. Киве унев вугевали лъачӏониги, ана гьев. 9Божи-иман рекӏелъ букӏунин гьес апараглъун яшав гьабураб, Аллагьас жиндие кьезе къотӏи гьабураб ракьалда. Гьесдаго цадахъ Аллагьас жидее къотӏи гьабурал Исхӏакъицаги Якъубицаги гӏадин, чадразухъ чӏун гьабуна гьес гӏумру. 10Гьев балагьун чӏун вукӏана Аллагьас щулияб кьучӏалда тӏад къадал гьарун жиндие абадияб шагьар кьезегӏан. 11Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, Ибрагьимие, цӏакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикӏана лъимер гьабулеб гӏужалдаса арай гӏадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагӏи тӏубазе букӏиналда. 12Гьедин хабалъе бох бортарав цохӏо чиясдасан лъугьана цӏакъ гӏемерал наслаби, – зодихъ цӏваби рикӏкӏун бажарулареб гӏадин, ралъдал рагӏалда сали рикӏкӏун бажарулареб гӏадин, рикӏкӏун бажаруларел наслаби. 13Гьел киналго гӏадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букӏинчӏо Аллагьас къотӏи гьабураб жо, амма рикӏкӏадасанго гӏадин бихьулеб букӏана къотӏи тӏубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикӏкӏунаан апарагзабилъун ва къватӏире гъурал гӏадамаллъун. 14Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магӏна ккола гьел гӏадамаз жидеего ватӏан балагьулеб букӏин. 15Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукӏаралани, доре тӏадруссине рес ккелаан гьезие. 16Амма гьел урхъун рукӏана зобалазда бугеб цӏакъго лъикӏаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго. 17Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, Аллагьас жиндир хӏалбихьараб мехалда, жиндирго вас Исхӏакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукӏарав. Ибрагьим вукӏана Аллагьас жиндие къотӏи гьабурав чи. Амма цохӏо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачӏан вукӏана гьев. 18Аллагьас гьесда абуна: «Дур наслу Исхӏакъидасан лъугьинейин бугеб». 19Ибрагьим божун вукӏана Аллагьасда хваралги чӏаголъизаризе кӏолеблъиялда. Абизе бегьула, хӏакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун. 20Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин Исхӏакъица гьарараб хадубккун заманалда Якъубидаги Гӏисидаги баркат лъегийилан. 21Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин живго хвелалде Якъубица гьарараб Юсупил кӏиявго васасда баркат лъегиян. Гӏонсоде ккун херлъун вугеб мехалда Аллагьасе рецц гьабуна гьес. 22Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин живго хвелалде цебе Юсупица бицараб Исраилил халкъ цо заманалдасан Мисриялдаса къватӏибе лъугьине бугилан. Цинги гьес бицун тана жиндир жаназаялда щиб гьабилебалиги. 23Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, гьавуралдаса лъабго моцӏ инегӏан, эбел-инсуца Муса вахчарав. Цӏакъго гьайбатав вас гьев вукӏин бихьидал, гьел хӏинкъичӏо пиргӏавнасул амру тӏубазабичӏого тезе. 24Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин кӏудияв гӏураб мехалъ Мусае бокьичӏеб пиргӏавнасул ясалъул вас вугин живилан абизе. 25Гьесул рекӏее къабуллъана, панадуниялалъул мунагь-хӏакъ гӏемераб рохелалдаса инкарги гьабун, Аллагьас тӏаса бищараб халкъалда цадахъ гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе. 26Гьес рикӏкӏана Мисриялъул тӏолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витӏизе вугев Масихӏие гӏоло гӏазаб-гӏакъуба хӏехьей. Щайин абуни, гьесул рекӏелъ букӏана шапакъат щвеялде хьул. 27Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин, пиргӏавнасул ццидадаса хӏинкъичӏого, Мусаца Мисри рехун тараб. Дов Вихьуларев жинда вихьулев вугев гӏадин, къуркьизе-кьуризе бокьичӏо гьесие. 28Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин гьес Пасхаялъул байрам чӏезабураб ва щибаб рукъалъул рагьумахӏуялда бидул гӏужги гьабураб, – Исраилил халкъалъул хъизаназе тӏоцере гьарурал васазул рухӏ хвалил малаикас бахъичӏого букӏине. 29Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин Исраилил халкъалда, бакъвараб нухдасан унел ругел гӏадин, Багӏараб ралъад бахине кӏвараб. Мисриялъулалги лъугьана гьенисан инейилан, амма ралъдалъ гъанкъун хвана. 30Божи-иманалъ риххизаруна Иерихоналъул щулиял къадал, исраилилал анкьго къоялъ гьеб шагьаралда сверун хьвадараб заманалда ▼▼Бахъизе кӏолареб хъалалъун букӏараб мажусиязул Иерихон шагьаралъул къадал жалго риххун ана, Аллагьасде гьари-дугӏаги гьабулаго ва чӏахӏиял лълъарал зурмабиги пулаго шагьаралда сверун исраилилал анкьго нухалъ хьвадун хадур.
. 31Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин Рагьаб абулей хъахӏба дол Аллагьасе мукӏурлъичӏезда цадахъ хвечӏого хутӏарай. Гьелъ лъикӏаб гьоболлъи гьабуна балъго Иерихоналде рачӏарал исраилилазе ▼▼Иерихон сверун ккун бугеб мехалъ гьенире ритӏарал исраилилазул кӏиго жасусасе кумек гьабуна гьеб шагьаралдаса цо Рагьаб абулей гӏаданалъ. Гьединлъидалин шагьар кверде босун хадуй гьей чӏвачӏого тарай. Хъахӏба йикӏиналъухъ балагьичӏого, жугьутӏаз гьей гьеб иш ккаралдаса хадуй лъикӏай гӏаданлъун рикӏкӏана.
. 32Дагьабги бицине ккелищ? Дир заман гӏеларо Гидеонил, Баракил, Шамшунил, Ифтахил, Давудил, Шамуилил, киналго аварагзабазул хӏакъалъулъ бицине. 33Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез, ритӏухъаб суд гьабуна, Аллагьас къотӏи гьабурабги щвана, гъалбацӏазул кӏалдиса давла бахъана, 34гьалагал цӏаял свинаруна, хвалчадул балалдаса хвасарлъана, загӏипал рукӏаниги, къуваталлъун лъугьана; чияр улкабазул боял къезарун, рагъда бахӏарчилъи бихьизабуна. 35Божи-иман рекӏелъ букӏиндалин хварал гӏагарал чагӏи руччабазухъе нахъе щварал. Лъикӏаб гӏумру бачӏараб мехалъ чӏаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гӏазаб-гӏакъуба хӏехьон холаан гьел. 36Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букӏана, цӏалаца рухулел рукӏана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тӏамулел рукӏана. 37Ганчӏал речӏчӏунги чӏвана гьел, хъухъадироялъ кӏийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутӏрулги къотӏана гьезул. Тӏохьолги цӏакилги ратӏлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гӏазаб-гӏакъубаги хӏехьезе ккарал гӏадамал. 38Тӏолабго дуниял-гӏаламалдаса хириял гӏадамал гӏицӏал авлахъаздаги мугӏруздаги тирулел хутӏана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун. 39Божи-иман гьезул рекӏелъ букӏиндал Аллагь разилъана гьел киназдасаго. Амма жеги гьезие щвечӏо Аллагьас къотӏи гьабун букӏараб жо. 40Щайин абуни, нилъее даража цӏикӏкӏиналъе, Аллагьас хӏукму гьабун буго, – гьесие бокьун буго гӏицӏго нилъеда цадахъ гьел гӏадамал камиллъизе.
Copyright information for
AvaIBTNT