‏ Hebrews 12

Аллагьасул гӏадлуялъул хӏакъалъулъ

1Гьанже гьанир нугӏзал накӏкӏалгӏан гӏемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачӏги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатӏаги батӏалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугӏизегӏан. 2Авалалдаса ахиралде щвезегӏан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучӏлъун вугев Гӏисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гӏоло, инжитлъи-хӏакъирлъиги гӏадахъ босичӏого, хъанчида вараб хвел хӏехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гӏодов чӏана.

3Мунагьал ругезул рахъалдасан гьединаб рокьукълъи хӏехьарав гьесул гьабе нужеца пикру. Гьедин нужги загӏиплъизе бегьуларо, къуркьизе бегьуларо. 4Мунагьазда данде рагъулаго нуж жеги щвечӏо нужерго би гӏодобе тӏолеб даражаялде. 5Нужер ракӏбатизабизе, лъималаздехун гӏадин, Аллагьас нужеда абурал гьадинал рагӏаби кӏочон таралищ:

«Бетӏергьанасул малъа-хъвай гӏадахъ босичӏого тоге, дир вас,

гьес дуе гӏадлу гьабулеб мехалъ пашманлъуге мун.

6Жиндиего вокьулесейин Аллагьас гӏадлу гьабулеб,

вас гӏадин къабул гьавурасдайин гьес кьабулеб».

7Нужее гьабулеб гӏазаб-гӏакъуба нужеца, гӏадлулъун рикӏкӏун, хӏехье. Лъималаздехун гӏадин валагьулев вуго Аллагь нужехъ. Инсуца гӏадлу гьабичӏев вас цониги вукӏанадай? 8Киналго васазе букӏунеб гӏадинаб гӏадлу нужее гьабулеб гьечӏони, гьелъул магӏна буго васал кколарин, къватӏулъа жал кколин абураб. 9Умумуз нилъее гӏадлу гьабуна, нилъеца гьезул адаб-хъатирги гьабуна. Абадияб гӏумру насиблъизе гӏоло, кигӏан цӏикӏкӏунха нилъ Аллагьасе, рухӏазул бетӏергьанасе, мутӏигӏал рукӏине кколел! 10Умумуз жидедаго лъикӏ бихьухъе дагьабго заманалда гӏадлу гьабуна нилъее. Амма Аллагьас гӏадлу гьабула нилъее лъикӏлъиялъе, жиндир вацӏцӏалъиялъул бутӏа нилъееги щвезе гӏоло. 11Гӏадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гӏадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритӏухъаб гӏумруги.

Битӏараб нухдасан хьваде!

12Нужер свакарал кверазулъе къуват бачӏинабе ва сородулел бохдулги щулаго чӏезаре! 13Битӏараб нухдасан хьваде нуж, нужер рекъал бохдул къуркьунгутӏизе. Сахлъаги гьел! 14Киналго гӏадамалгун ракълида рукӏине хӏаракат бахъе. Рацӏцӏадго хьваде, вацӏцӏадго хьвадуларесда Тӏадегӏанав вихьуларевин. 15Вореха Аллагьасул баркаталъул нухдаса къосине гурин нуж. Нужер цонигияв лъугьине гурин гӏемерав чиясе зарал гьабулеб загьруяб ва кьогӏаб херлъун. 16Нужер цонигияв лъугьине гурин Гӏис гӏадинав хъахӏбаяб гӏамал бугевлъун яги божи-иман гьечӏевлъун. Кӏудияв васлъун вижиялъул даража гьес бичана цохӏо нухалъ кванараб кванихъ. 17Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букӏараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечӏо. Бадиса магӏу чвахулаго гӏамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатӏ битӏизабун бажаричӏо гьесухъа.

18Инсанасул беразда бихьулелде гуро нуж гӏагарлъун ругел. Синай магӏарда букӏараб цӏаялдеги, бецӏлъиялдеги, накӏкӏалдеги, гьалагаб гьуриялдеги гуро гӏагарлъун ругел. 19Доб мехалда рагӏулеб букӏана ссуралъубе пулеб гӏадинаб сас. Цинги цо гьаракь бахъана – абулел рукӏана тӏокӏаб жидеда рагӏугегиян гӏадамал гьардезе лъугьарал рагӏаби. 20«Хӏатта хӏайвангицин гьаб магӏарде бачӏани, ганчӏал речӏчӏун чӏвазе ккола», – ян абурал рагӏаби рекӏелъе риччазе кӏолеб букӏинчӏо гьезда. 21Мусацацин абуна: «Дун хӏинкъун сородулев вуго!» – ян. Гьедигӏанги гӏасияб лъугьа-бахъин букӏана гьеб.

22Амма нуж гӏагарлъун руго Цион мегӏералде, хӏакъав Аллагьасул шагьаралде, рикӏкӏун хӏалкӏоларел малаикзабазул руккелал байрамалде данделъулеб зобалазулаб Иерусалималде, 23Аллагьасе тӏоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цӏарал зобалазда хъварал гӏадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухӏазде. 24Гӏагарлъун руго цӏияб Къотӏиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав Гӏисаде, ракьалде тӏураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цӏикӏкӏараб баркат рещтӏинабилин рагӏи кьолеб буго гьелъ.

25Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагӏиялдалъун кӏалъалев чиясдаса. Дуниялалда гӏадамал кантӏизарулесухъ гӏенеккизе инкар гьабурал чагӏазда хвасарлъизе кӏвечӏо. Зобалаздасан кӏалъалесухъ гӏенеккичӏони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо. 26Доб мехалда гьесул гьаркьица ракь гьаргьадизабуна, гьанже гьес рагӏи кьуна: «Цоги нухалъ дица, ракь гуребги, зобги гьаргьадизабила», – ян. 27Гьаргьадулареб жо нахъе хутӏизелъун, гьаргьадулебаб, ай бижун букӏарабаб, тӏубанго тӏагӏинин абураб магӏна буго гьеб «цоги нухалъ» абураб калимаялъул.

28Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб Парччахӏлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хӏинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе. 29Кинабго бухӏун-къвагъун рехулеб цӏадуда релълъуна Аллагь!

Copyright information for AvaIBTNT