Hebrews 13
Аллагь разилъиялде рачунеб нух
1Вацал гӏадин цоцазе рокьулеб гӏадат гӏодобе рехуге нужеца. 2Нухлулазе гьоболлъи гьабичӏого тоге – жидедагоцин лъачӏого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун. 3Туснахъалда ругелги кӏочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукӏарал гӏадин. Унта-щокълъиялъ гӏазаб кьолеб бугелги кӏочон тоге, нужго гьелъ кӏвекӏулел ругел гӏадин. 4Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахӏбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд. 5Гӏарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чӏа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гӏодов ккезеги виччаларо». 6Гьединлъидал нилъеца расги хӏинкъичӏого абизе бегьула: «Бетӏергьанас дие квербакъула, Дун сундасаниги хӏинкъуларо».«Инсанасда кӏолебищ дие зарал гьабизе?»
7Нужеда Аллагьасул рагӏи малъарал ва бетӏерлъи гьабулел гӏадамал ракӏалде щвезаре. Гьезул гӏумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе. 8Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечӏев вуго Гӏиса Масихӏ! 9Батӏи-батӏиял чияр гӏелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракӏал къвакӏизаруни, лъикӏ букӏина. Кванил рахъалъ батӏи-батӏиял рихьизариял тӏуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчӏел гӏелмабаз ракӏал къвакӏизаруларо. 10Нилъеца къурбаналъе къачӏараб бакӏалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутӏазул къурбан хъолеб бакӏалъул кашишзабазе. 11Бищунго кӏудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакӏалде – мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хӏайваназул къулагӏаби росдадаса яги шагьаралдаса къватӏирехун рухӏула. 12Гьединго Гӏисаги хвана шагьаралдаса къватӏивехун, жиндирго биялдалъун гӏадамазул мунагьал чуризе. 13Гьединлъидал гьесда хадур къватӏирехун рилълъинин нилъги, гьес хӏехьараб инжитлъи-хӏакъирлъиялъул бутӏа щвезе! 14Гьаб ракьалда гьечӏо нилъ кидаго чӏолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтӏине бугеб шагьаралде рорчӏилилан. 15Гӏисал цӏар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, – гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ Гӏисал цӏар рехсараб кӏалдисан. 16Цоцазе лъикӏлъи гьабичӏого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, – гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб. 17Нужер жамагӏатазе бетӏерлъи гьабулезухъ гӏинтӏаме ва гьезие мутӏигӏлъе, кидаго рорчӏуда чӏун нужер рухӏал цӏунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечӏо), рохуца холаго гьабизе. 18Нижги дугӏадулъ рехсе. Нижер ракӏчӏун буго нижер намус бацӏцӏад букӏиналда. Кидагоги ритӏухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел. 19Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витӏейилан.Гьари-дугӏа
20Абадияб Къотӏиялъул биялдалъун нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏ, гӏиял рехъеналъул кӏудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтӏинабурав Аллагьас нужее 21щвезабеги гьесул амру тӏубазе къваригӏунебщинаб лъикӏлъи. Гӏиса Масихӏица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тӏубазабизе. Масихӏие абадияб-даимаб рецц! Амин.Кагътил ахир
22Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гӏемерго халалъичӏеб кагътида хъвараб насихӏаталъухъ сабурго гӏенеккеян. 23Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватӏиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачӏунеб мехалъ. 24Салам бице нужер жамагӏатазе бетӏерлъи гьабулезда ва тӏолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам. 25Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго.
Copyright information for
AvaIBTNT