Hebrews 3
Мусадаса гӏемерго цӏикӏкӏун машгьурлъана Гӏиса
1Дун гӏадин Аллагьас тӏаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кӏудияв кашишлъунги Аллагьас витӏарав Гӏисахъ ралагье! 2Аллагьасул минаялъе, Мусаго гӏадин, жив тӏаса вищарав Аллагьасе ритӏухъав вукӏана гьев. 3Жибго минаялдаса цӏикӏкӏун машгьурлъула гьеб мина гьабурав чиясул цӏар. Гьедин Мусадаса гӏемерго цӏикӏкӏун машгьурлъана Гӏиса. 4Щибаб минаялъул вукӏуна гьеб гьабурав чи. Аллагь вуго кинабгоги гьабуравлъун. 5Муса вукӏана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугӏлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагӏи рещтӏине букӏиналъе. 6Масихӏ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетӏерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахӏарчилъиялдаги ракӏчӏей бугони.Нужерго ракӏал рицалъизе риччаге
7Илагьияб Рухӏалъ абулеб буго: «Жакъа нужее Аллагьасул калам цӏалулеб бугони, 8нужерго ракӏал рицалъизе риччаге. Доба гӏицӏаб авлахъалда, дандечӏун, Аллагьасул сабруялъул хӏалбихьулеб букӏараб къоялъ нужер умумузулги ракӏал рицалъун рукӏана. 9Доба гьез Дир хӏалбихьана, Дун щивали хал гьабуна, кӏикъого соналъ Дица щиб гьабурабали бихьун букӏаниги. 10Гьединлъидал, гьеб наслуялда ццин бахъун, Дица абуна: Гьезул ракӏал васвасдулел руго, Дир нухдасан унел гьечӏо гьел. 11Ццин бахъун Дун гьедана гьезие рахӏаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан!» 12Воре, вацал, лъицаниги рекӏелъе лъугьине биччаге квешлъиги иман гьечӏолъиги, – чӏагояв ▼▼Цӏулал, ганчӏил ва махх-чараналъул гьарурал «аллагьзабазе» лагълъи гьабулел рукӏарал мажусияздаса жал батӏиял рукӏин бичӏчӏизабизе иман лъураз абулаан жидер Аллагь «чӏагояв» вугилан.
Аллагьасдаса ратӏалъичӏого хутӏизе. 13Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутӏизе ва нужер ракӏал рицалъичӏо рукӏине, жакъайилан абизе бегьулебгӏан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихӏат гьабе. 14Масихӏилгун гӏахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тӏоцебе букӏараб ракӏчӏей ахиралде щвезегӏан щулалъизабуни. 15Тӏухьдузда хъван буго: «Жакъа нужеда рагӏани Аллагьасул рагӏи, нужерго ракӏал рицалъизе риччаге, – Аллагьасде дандечӏун нужер умумузул ракӏал рицалъун рукӏарал гӏадин». 16Щалха дол рукӏарал, «Аллагьасул калам рагӏаниги», «дандечӏарал» гӏадамал? Мусаца Мисриялдаса къватӏире рачарал чагӏи гурищ! 17Кӏикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букӏараб? Мунагьал гьаридал гӏицӏаб авлахъалда жидер рукьби хутӏарал чагӏазда гурищ! 18«Гьезие рахӏаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? Мукӏурлъуларезул рахъалъ гурищ! 19Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечӏолъи сабаблъун кӏвечӏо гьезда доб жидее къотӏи гьабун букӏараб ракьалде рорчӏизе.
Copyright information for
AvaIBTNT