Hebrews 4
Рахӏат-хӏалхьиялде рачина нилъ Аллагьас
1Рахӏат-хӏалхьиялде нилъ рачинилан Аллагьас кьураб рагӏи хвезе гьечӏелъул, рачӏа хӏаракат бахъилин гьеб нилъее къотӏи гьабураб рахӏат-хӏалхьиялде ворчӏуларев чи нилъеда гьоркьов цониги хутӏунгутӏизе. 2Дол цогидал гӏадамаздаго гӏадин, нилъедаги рагӏана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагӏунилан дозие пайда бахинчӏо, гьеб рагӏараб мехалъ дол гьелда божичӏелъул. 3Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотӏи гьабураб рахӏат-хӏалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хӏакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахӏат-хӏалхьиялъе дица кьезе бугеб бакӏалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хӏалтӏи лъугӏараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букӏинчӏониги. 4Цогидаб бакӏалдаги хъван буго анкьабилеб къоялъул хӏакъалъулъ Тӏухьдузда: «Анкьабилеб къоялъ жиндирго хӏалтӏи лъугӏидал, Гьес хӏалхьи гьабуна». 5Амма гьелъулго хӏакъалъулъ гьес абулеб буго: «Гьезие рахӏат-хӏалхьиялъе дица кьезе бугеб бакӏалде гьел киданиги лъугьинаро!» 6Гьанже цо-цоял гьеб рахӏат-хӏалхьиялъе кьураб бакӏалде лъугьунел рукӏин хӏакъаб буго, амма бищун цебе Рохалил хабар рагӏарал дол цогидал гӏадамал гьенире лъугьинчӏо, Аллагьасде гьел мутӏигӏлъичӏелъул. 7Гьеб бихьулеб буго Аллагьас цӏидасан цоги къо чӏезабулеб букӏиналдасан. «Жакъасеб къойилан» лъун буго гьес гьелда цӏар. Гӏемерал соназдасан Давудил кӏалдир лъун, абун руго Аллагьас гьелъул хӏакъалъулъ нилъеца тӏадехун рехсарал рагӏаби: «Жакъа нужеда рагӏани Аллагьасул рагӏи, нужерго ракӏал рицалъизе риччаге». 8Нунил вас Ешуагӏица гьел рахӏат-хӏалхьи бугеб бакӏалде рачун рукӏаралани, Аллагьас гьелдаса хадуб цогиги къоялъул хӏакъалъулъ бицен гьабилароан. 9Гьединлъидал Аллагьасул халкъалъе къачӏан буго шамат къоялъул рахӏат-хӏалхьи. 10Аллагьас рахӏат-хӏалхьиялъе кьелилан къотӏи гьабураб бакӏалде лъугьуневщинав чияс, хӏалтӏи лъугӏун хадуб хӏалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хӏалтӏудаса хадуб хӏалхьи гьабураб гӏадин. 11Рачӏа нилъецаги хӏаракат бахъилин рахӏат-хӏалхьи бугеб бакӏалде лъугьине, – дол гӏадамазулго гӏадинаб мутӏигӏлъунгутӏиялъ къосинарунгутӏизе. 12Аллагьасул рагӏулъ чӏаголъиги буго, жигарчилъиги буго. Кӏибалаб ханжаралдасаги бегӏераб буго гьеб. Напсги рухӏги цоцаздаса батӏалъулеб бакӏалде, щукӏдулги рукьбиги цолъулеб бакӏалде щвезегӏан, гъваридго гъорлъе къан уна гьеб. Аллагьасул рагӏиялъ суд гьабула инсанасул рекӏел къасдазе ва ниятазе. 13Нилъеца жинда цебе жаваб кьезе кколев Аллагьасдаса бахчизе кӏоларо гьес бижараб цониги жоялда. Кинабго гьесда цебе буго, гьесул берзукь буго.Гӏиса бищунго кӏудияв кашиш ккола
14Рачӏа нилъеца Гӏисал хӏакъалъулъ гьабулеб калам щулаго кквезин. Нилъер вугелъул Аллагьасул вас Гӏиса – зобалазде восун арав бищунго кӏудияв кашиш. 15Нилъер загӏиплъи бичӏчӏуларев бищунго кӏудияв кашиш гуро гьев. Нилъецаго гӏадин илбисалъул хӏалбихьи хӏехьезе ккана гьес, амма мунагь-хатӏа лъугьинчӏо гьесдасан. 16Таваккалго гӏагарлъилин баркат рещтӏинабулев Аллагьасул тахалде, – хӏажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цӏобги лъезе.
Copyright information for
AvaIBTNT