Hebrews 6
1Масихӏил хӏакъалъулъ рагӏул тӏоцересел дарсалги нахъа тун, рачӏа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гӏелмуялде. Цӏидасан кьучӏ тӏамун щай нилъее? Цӏидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги, 2лъадалъ ччун рахъиялъулги, дугӏаги гьабун тӏад квер лъеялъулги, хваралъуса рахъиналъулги, Аллагьас абадиялъего гьабураб хӏукмуялъулги. 3Бичас биччани, нилъ церехун ина! 4Божи-иманалдаса ратӏалъун ругел чагӏи тавбуялде рачине кӏолелищ? Цере гьел рукӏана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гӏадин, Илагьияб Рухӏалдасан гьунарги щвана. 5Хӏалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагӏиялъул лъикӏлъи, лъана тӏаде щвезе бугеб Аллагьасул Парччахӏлъиялъул къуват-гуч. 6Кин гьел ритӏун ккезарилел, божи-иманалдаса ратӏалъун ругони? Гьез цӏидасан хъанчида валев вуго, инжит-хӏакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! 7Ризго рарал цӏадазул регьел гъорлъ цӏикӏкӏараб ракьалъ лъикӏаб бачӏин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. 8Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечӏони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагӏана насиблъиялъул хӏинкъи букӏуна гьелъие. Ахирги цӏа гъун бухӏула гьединаб ракьалда бижарабщинаб. 9Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракӏчӏола нуж гьединал чагӏи ратиларин, нужеда дагьабги цӏикӏкӏараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. 10Аллагь ритӏухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гӏадин гьанжеги тӏалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кӏочон толаро Аллагьасда. 11Нижее бокьун буго нужер щивав чиясул хӏаракатги тавакалги ахиралде щвезегӏан чучлъунгутӏизе, Аллагьасде лъураб хьулги тӏубазе. 12Нуж кӏвахӏаллъуге. Божи-иманги сабруги бугелъул, Аллагьас къотӏи гьабураб жо жидее щолел гӏадамаздаса мисал босе.Аллагьасул рагӏи хисуларо
13Ибрагьим аварагасе къотӏи гьабулеб мехалъ, цӏар рехсон гьедизе жиндаса тӏадегӏанав вукӏунарелъул, жиндирго цӏаралдалъун гьедана Аллагь. 14Гьес абуна: «Дица дуде баркат рещтӏинабила! Дица дуе наслаби кьела». 15Цинги, сабру гьабун чӏедал, Ибрагьимие щвана жиндие къотӏи гьабураб жо. 16Гӏадамал гьедула жидедаса гӏемерго тӏадегӏанаб жо рехсон. Гьедин, гьа гьедун лъугӏизабула кинабгоги дагӏба-къец. 17Жиндир ният-къасдалдаса киданиги къуркьунгутӏи-кьурунгутӏи жидее къотӏи гьабурал гӏадамазда бихьизабизе бокьараб мехалъ, жинцаго кьураб рагӏи щулалъизе гьаги гьедана Аллагьас. 18Аллагьасул гьереси букӏунарелъул, киданиги хисулареб кӏиго жо буго – кьураб рагӏиги гьаги. Гьединлъидал кӏанцӏизе бакӏ Аллагьасда аскӏоб батарал нилъер ракӏчӏей цӏикӏкӏана хьул лъураб щвезе букӏиналда. 19Гьеб хьул нилъер рекӏее буго щулияб ва кьури гьечӏеб хӏубилъун. Нилъер хьул лъолев Гӏиса Мукъадасаб Бакӏалъул пардав бахун жанивехун лъугьуна. 20Нилъее гӏоло Гӏиса нилъедаса цеве гьениве жаниве лъугьана ва абадул-абадиялъего кашишлъунги лъугьана, Мелкицедекги кашишлъун вукӏарав гӏадин.
Copyright information for
AvaIBTNT