‏ Hebrews 7

Мелкицедек кашишасул хӏакъалъулъ

1Гьев Мелкицедек вукӏана Салам улкаялъул парччахӏлъунги Тӏадегӏанав Аллагьасул кашишлъунги. Ункъо парччахӏасда тӏад бергьенлъиги босун, рагъдаса тӏадвуссун вачӏунев вукӏарав Ибрагьим аварагасда дандчӏвай гьабуна Мелкицедекица ва дуда баркат лъегиян абуна. 2Цинги Ибрагьимица гьесие кьуна жиндир кинабго давлаялъул анцӏил бутӏа.

Цо бугони, Мелкицедек абураб цӏаралъухъ балагьунги гьев ккола «ритӏухъав парччахӏ». Кӏиабизе бугони, гьев вукӏана Салам улкаялъул парччахӏ, ай «ракълил улкаялъул парччахӏ».
3Гьесул я эмен вукӏинчӏо, я эбел йикӏинчӏо, я умумузул силсила гьечӏо. Гьесул гӏумруялъул я авал гьечӏо, я ахир гьечӏо, – Аллагьасул васго гӏадин, гьевги ккола абадул-абадиялъего кашиш.

4Бихьулищ кигӏан тӏадегӏанав чи гьев вукӏаравали! Нилъер зурияталъулго эменлъун кколев машгьурав Ибрагьимица гьесие кьуна рагъда жиндиего щвараб давлаялъул анцӏил бутӏа. 5Кашишзабилъун лъугьунел Левийил наслуялъул гӏадамазе Къануналъул амру буго халкъалъухъа, ай диналъул вацазухъа, анцӏил бутӏа босеян, гьел вацал Ибрагьимил зурияталъул ругониги. 6Дов Мелкицедек Левийил наслуялъул вукӏинчӏониги, гьес Ибрагьимихъа (Аллагьас рагӏи кьурав чиясухъа!) анцӏил бутӏа босана ва дуда баркат лъегиян абуна. 7Тӏадегӏанасдасан гӏодовегӏанасе баркат щолеблъиялда щаклъизе бегьуларо. 8Анцӏил бутӏа бакӏарулел кашишзаби ккола холел-унел гӏадамал, амма анцӏил бутӏа босарав Мелкицедекил хӏакъалъулъ Тӏухьдузда хъван буго гьев чӏаго вугилан. 9Абизе бегьула Ибрагьимица анцӏил бутӏа кьолеб мехалда, жиндир наслуялъ анцӏил бутӏа бакӏарулев Левийица жинцагоги кьун батилин гьебилан. 10Щайин абуни, дов Мелкицедек Ибрагьимида дандчӏвараб мехалда жеги гьавун вукӏинчӏо Левий. Жиндир наслуялъул эмен Ибрагьимил чорхолъ вукӏанин гьевилан абизе бегьула.

11Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тӏуразарулел кашишзаби рукӏана Левийил наслуялъул гӏадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букӏарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гӏадинав кашиш къваригӏинароан. 12Кашишлъи хисулеб бугони, Къанунги хисизабизе ккола. 13Нижеца бицунеб бугев Тӏадегӏанав Гӏиса цогидаб наслуялъул – къурбан хъолеб бакӏалде ун кашишлъи гьабичӏел гӏадамазул наслуялъул вукӏана. 14Нилъеда лъикӏ лъала нилъер Тӏадегӏанав Гӏиса Ягьудал наслуялдаса вукӏаравлъи. Кашишзабазул бицунаго, Мусаца гьеб наслу рехсон гьечӏо.

Мелкицедекида релълъарав цӏияв кашиш

15Гьеб иш дагьабги баянлъула Мелкицедекида релълъарав цӏияв кашиш вачӏун вукӏин нилъеда бичӏчӏулеб бугони. 16Къануналда рекъон кашиш цо наслуялъул вукӏине ккола, амма Къануналъ малъухъе гуро Гӏиса кашишлъун тӏамурав. Гьев кашишлъун тӏамуна гьесулъ бугеб абадияб гӏумруялъул къудраталдалъун. 17Гьесул хӏакъалъулъ абун буго:

«Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш,

Мелкицедекги кашишлъун вукӏарав гӏадин».

18Цо рахъ босани, Къануналъул цебе букӏараб амру добегӏан толеб буго гьеб загӏипабги пайда гьечӏебги бугелъул. 19Къануналъ щибниги камиллъизабичӏелъулха! Цогидаб рахъ босани, нилъее рес кколеб буго Аллагьасде гӏагарлъизарулеб лъикӏаб жоялде хьул лъезе.

20Гьа гьедичӏого тӏубачӏо гьеб иш. Цере кашишзабилъун лъугьаразе гьеб хъулухъ щвана гьаги гьедичӏого, 21амма Гӏиса кашишлъун лъугьана, Аллагьас гьесда гьадин абураб мехалда гьедараб гьаялдалъун:

«Бетӏергьан гьедана, мун абадул-абадиялъего кашиш вугилан. Жиндирго рагӏи гьес хисизабуларо!»

22Гьединлъидал Гӏиса вуго гьесде щвезегӏан букӏараб Къотӏиялдаса лъикӏаб Къотӏи щвеялъе сабаблъун ккарав чи.

23Цебе заманалдаги гӏемер рукӏана кашишзаби, – гьел холел-унел рукӏиналъ квалквал гьабулеб букӏана Аллагьасе хъулухъалда хутӏизе. 24Амма Гӏисаца гьоркьоса къотӏизе толеб гьечӏо жиндирго кашишлъи, гьев абадиялъе чӏаго вугелъул. 25Гьедин бугелъул, гьесда кӏола жинда нахърилълъун Аллагьасде гӏагарлъарал кидагоялъе хвасар гьаризе, – Аллагьасда цебе гьезие шапагӏат гьабизе кидаго чӏагояв вуго гьев.

26Гьеле гьединав бищунго кӏудияв кашишин нилъее хӏажалъун вукӏарав: вацӏцӏадав, мунагь-хатӏа гьечӏев, чӏегӏераб тӏанкӏ лъечӏев, мунагьазул цӏураздаса ватӏа гьавурав ва зобалаздасаги тӏадехун восун арав. 27Цогидал бищунго кӏудиял кашишзабазда релълъарав гьечӏо гьев. Цин жиндирго мунагьал чуризе, хадуб халкъалъул мунагьал чуризеги щибаб къоялъ къурбан гьабизе кколаро гьес. Живго къурбанлъун лъугьун, гьес гьеб тӏубазабуна цохӏо нухалъ ва кидагоялъе. 28Мусал Къануналъ бищунго кӏудиял кашишзабилъун тӏамула камиллъи щвечӏел гӏадамал, амма Къануналдаса хадуб гьаги гьедун, рагӏиги кьун, Аллагьас кашишлъун тӏамуна абадул абадиялъего камилав кашишлъун лъугьарав жиндирго Вас.

Copyright information for AvaIBTNT