Hebrews 8
Аллагьас цӏияб Къотӏи гьабуна
1Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гӏодов чӏарав бищунго кӏудияв кашиш вуго нилъер. 2Бищунго кӏудияв кашишас гӏадин, Гӏисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, Бетӏергьанас чӏвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакӏалда. 3Бищунго кӏудияв кашиш тӏамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кӏудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букӏана. 4Гьев ракьалда вукӏаравани, кашишлъунцин вукӏинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби. 5Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагӏадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чӏвазе кколеб букӏараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магӏарда дуда бихьизабун букӏараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго». 6Гьале гьанже Гӏисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, – цере рукӏарал кашишзабазулалдаса гӏемерго тӏадегӏанаб. Гьединго тӏадегӏанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб Гӏисадалъун лъугьараб Къотӏи. Лъикӏабщиналъе кьураб рагӏул кьучӏалда гьабураб бугелъул, цӏакъго лъикӏаб Къотӏи буго гьеб. 7Доб тӏоцебесеб къотӏи камилаб букӏарабани, кӏиабизеги къотӏи гьабизе ккелароан. 8Гӏадамазда гӏайиб чӏвазе гӏилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «Тӏаде щолеб буго, – ян абулеб буго Бетӏергьанас, – Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цӏияб къотӏи гьабулеб заман. 9Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватӏире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букӏаралда релълъараб букӏинаро гьеб Къотӏи. Гьабураб Къотӏиялъе ритӏухълъи цӏуничӏелъул, дица гьел рехун тана», – ян абулеб буго Аллагьас. 10«Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе Къотӏи гьабулеб буго, – ян абулеб буго Бетӏергьанас. Дица дирго амруял гьезул гӏакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракӏазда хъвала дица гьел. Дун вукӏина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукӏина дир халкълъун. 11Гьезул лъицаниги мадугьаласе гӏакълу кьеларо Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо: „Дурго Бетӏергьан щивали лъазаве“, – ян. Гӏисиназдаги чӏахӏияздаги – киназдаго дун лъазе вугелъул! 12Гьезул мунагьаздаса дун тӏасалъугьина, гьезул гъалатӏ-хатӏаги тӏокӏаб ракӏалде щвезабиларо». 13Цӏияб Къотӏиялъул бицунаго, Аллагьас доб тӏоцебесеб Къотӏи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тӏагӏуна.
Copyright information for
AvaIBTNT