Hebrews 9
Мукъадасаб Чадиралъул хӏакъалъулъ
1Тӏоцебесеб Къотӏиялда рихьизарун рукӏана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гӏадамаз бараб бакӏги. 2Къватӏисебилан цӏар лъураб чадирги чӏван букӏана. Чадиралъур рукӏана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб Бакӏилан. 3Кӏиабилеб пардавалда нахъа букӏана Бищунго Мукъадасаб Бакӏилан цӏар лъураб чадир. 4Гьениб жаниб букӏана махӏгьуинаб нахул кьеккен тӏад гьабулеб меседил стол ва Къотӏиялъул гъамас. Гьебги тӏубанго меседалъ бацараб букӏана. Гъансиниб букӏана зобалаздасан рещтӏараб нигӏмат жаниб бугеб меседил гӏорто, гъотӏода тӏад гӏадин гӏурччинаб тӏамах бараб Гьарунил гӏанса ва Аллагьасул амраби тӏад хъвараб кӏиго ганчӏил къоноги. 5Гъансида тӏад лъун рукӏана Аллагьасул Нур гьениб букӏиналъул гӏаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. Гӏадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тӏаде чвахулеб бакӏалда тӏад рукӏана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гьаниб мухӏканго бицинчӏониги гӏела. 6Гьедин гьабун букӏана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватӏисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тӏадал ишал тӏуразаризе. 7Амма цохӏо бищунго кӏудияв кашиш лъагӏалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би. 8Гьеб киналдалъунго Илагьияб Рухӏалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватӏисеб Чадир бугебгӏан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб Бакӏалде нилъее нуцӏа къан букӏин. 9Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магӏнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хӏайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацӏцӏалъуларин ва гьев камиллъизавизе кӏоларин абураб. 10Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацӏцӏад гьабиялда хурхараб гӏадат. Гьеб буго инсанасул рекӏеда хъатӏулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цӏияб тӏаде кьезегӏан заманаялъе.Масихӏил биялъ мунагьал чурула
11Масихӏ вачӏун вуго бищунго кӏудияв кашишлъун, гьес босун бачӏана гьанже нилъехъе щвараб лъикӏлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гӏемерго тӏадегӏанаб ва камилаб буго. Гӏадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб. 12Чадиралъусан ун, нилъ киназего гӏоло цохӏо нухалъ Бищунго Мукъадасаб Бакӏалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичӏо дугӏбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гӏадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна. 13Хъублъарал гӏадамал дугӏбузулги бусбузулги бидул тӏирабаз ва бухӏараб бачил рохъо тӏаде щваялъ рацӏцӏалъулел ратани, 14кигӏан цӏакъдай гьел рацӏцӏалъила Масихӏил биялъ. Абадияб Илагьияб Рухӏалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацӏцӏад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хӏакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. 15Масихӏ вуго цӏияб Къотӏиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахӏарал гӏадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагӏи кьун букӏараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тӏоцебесеб Къотӏиялъул заманалдаго гьез гьарун рукӏарал мунагьаздаса. 16Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукӏин чӏезабизе ккола. 17Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чӏаго вугевгӏан заманаялъ, гӏицӏго гьев хун хадуб гурони васият тӏубазабуларо. 18Гьединлъидалин доб тӏоцебесеб Къотӏигицин ▼▼Грек мацӏалда «васият» ва «къотӏи» абураб магӏна цого рагӏулъ буго.
биялдалъун тасдикъ гьабун букӏараб. 19Цин Мусаца халкъалъе цӏалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукӏарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугӏбузулги би лъимгун жубазабуна ва багӏараб квасулкуналъ бухьараб, махӏгьуинаб хъархъил гӏаркьелалъ Къануналъул тӏехьалдеги тӏолалго гӏадамаздеги тӏираби щвезаруна гьеб бидул. 20Мусаца абуна: «Гьале нужеца тӏубазабейилан Аллагьас амру гьабураб Къотӏи щулалъизабулеб би». 21Мусаца гьединго бидул тӏираби щвезаруна Къотӏиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хӏалтӏизарулел киналго тӏагӏелаздеги. 22Къануналда рекъон, дагьал жал хутӏизегӏан, биялъ бацӏцӏалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гӏодобе тӏечӏони, мунагьаздасаги рацӏцӏалъуларо! 23Гьедин рацӏцӏалъизаризе кколел рукӏана зобалазда ругезул гӏицӏго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригӏуна гӏемерго лъикӏаб къурбан. 24Гӏадамаз гьабураб Мукъадасаб бакӏалда жаниве гуро Масихӏ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакӏалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагӏат тӏалаб гьабизе. 25Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кӏудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакӏалда жаниве. Амма Масихӏица живго цохӏо нухалъ къурбанлъун гьавуна. 26Гьедин букӏинчӏебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, Масихӏица чанги нухалъ хӏехьезе ккелаан гӏазаб-гӏакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохӏо нухалъ вачӏана, киназего гӏоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе. 27Кинавго чиясе къадар хъван буго цохӏо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула. 28Гьединго Масихӏицаги цохӏо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гӏемеразул мунагьал чуризелъун. Гӏадамал мунагьаздаса рацӏцӏад гьаризе гуро гьев кӏиабизе вачӏунев, жив вачӏиналъухъ ралагьун чӏарал чагӏи хвасар гьаризейин.
Copyright information for
AvaIBTNT