‏ Philippians 1

Саламалъул рагӏаби

1Филиппиялда ругел киналго Масихӏ Гӏисаде цолъун иман лъуразде, нужер агьлуялъул бутӏрузде ва церехъабазде салам буго Масихӏ Гӏисае хъулухъалъе чӏарал Павелилги Тимофейилги. 2Нилъер Эмен – Аллагьасулги Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏилги баркатги саламги лъеги нужеда.

Аллагьасде гьари-дугӏа

3Нуж ракӏалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе. 4Нужеда киназдаго гурхӏагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекӏелъе рохел лъугьуна, 5дун тӏоцеве нужехъе вачӏараб къоялдаса жакъалъизегӏан Рохалил хабаралъе гӏоло гьабулеб хӏаракатчилъиялъулъ нужги гӏахьаллъидал. 6Дир ракӏчӏола, нужелъе лъикӏлъи лъугьинабизе байбихьарав Аллагьас гьеб рагӏа-ракьанде щвезабилин Масихӏ Гӏиса вачӏараб къоялде абун. 7Нужер хӏакъалъулъ гьединаб пикру букӏинарищ дир, кидаго дир рекӏелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тӏибитӏизабизе къеркьон, гьеб битӏараб букӏин чӏезабулеб мехалъги. 8Аллагьасда лъала Гӏиса Масихӏил гӏадинаб урхъиялдалъун дун нужехъ киназухъго чӏалгӏун вугеб куц. 9 10Дица Аллагьасда гьарула, бищунго лъикӏаб тӏаса бищизе нужеда лъазе, Масихӏ вачӏараб къоялде нуж, хъубаб тӏанкӏ лъечӏого, нухдаса таричӏого хутӏизе нужер рекӏелъ рокьи цӏикӏкӏагийилан, гӏакълуги цӏубайгийилан, цӏодорлъиги камиллъагийилан. 11Нужер рацӏцӏалъиялъул гъотӏода пихъ гьарзаго бижила гьебмехалъ. Гьедин Гӏиса Масихӏидалъун Аллагьасул кӏодолъи загьирлъила ва гӏадамаз гьесие рецц гьабила.

Рохалил хабар дагьабги цӏикӏкӏун тӏибитӏана

12Балагьея, вацал, дир гьаб ахӏвал-хӏалалъ дагьабги цӏикӏкӏун квербакъи гьабуна Рохалил хабар тӏибитӏиялъе, 13кӏалгӏаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутӏараздаги бичӏчӏана дида рахсал Масихӏ сабаблъун ран ругеблъи. 14Дун жанив тӏами сабаблъун ккун, гӏемерисел иман лъуразул тавакал цӏикӏкӏинабуна Бетӏергьанас, гьединлъидал гьезги расги хӏинкъичӏого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагӏи.

15Гьедин бугониги, цо-цояз Масихӏил хӏакъалъулъ бицунеб буго жидерго жахӏдаялъги хӏалхъублъиялъги тӏамун, цогидаз абуни, бицунеб буго лъикӏлъи бокьун. 16Гьеле гьез Рохалил хабар тӏибитӏизабулеб буго, рокьиялъ гьесизарун ва Рохалил хабар цӏунизе тӏамурав чи дун вукӏинги лъан. 17Дозин абуни гьеб гьабулеб буго квешал къасдазги диде бугеб жахӏдаялъги гьесизарун – гьезда ракӏалде кколеб буго туснахъалъуб дие бугеб квешлъи гьелдалъун дагьабги цӏикӏкӏинилан. 18Биччанте! Рихьдае букӏаниги, ракӏ-ракӏалъ букӏаниги батӏалъи щиб, гьединги гьадинги Гӏисал хӏакъалъулъ хабар тӏибитӏулеб бугелъул. Дун гьелдаса вохун вуго ва вохизеги вуго.

19Нужер гьари-дугӏаялдалъунги Гӏиса Масихӏил Рухӏалъул квербакъиялдалъунги дун хвасарлъизе вукӏин лъала дида. 20Къезе цӏакъ бокьун гьечӏо дие, къеларилан хьулги буго. Кидаго гӏадин, хасго гьанже сункьаниги хӏинкъичӏого дица дир тӏолабго жан Масихӏ кӏодо гьавиялъе кьела – дун хваниги, чӏаго хутӏаниги. 21Дир гӏумру Масихӏилъ буго, хвалилъги пайда буго дие! 22Амма дун дуниялалда хутӏани, дир хӏаракатчилъиялъул хайирги буго. Лъаларо гьеб кӏиялъулго кинаб дие бокьилебали. 23Дир ракӏ кӏибикьун буго: гьаниса вахъун, Масихӏида аскӏове инеги бокьун буго, гьеб гӏемерго лъикӏ букӏинилан ккун. 24Амма нужее цӏакъ къваригӏун вугелъул, дуниялалда хутӏизеги кколев вуго. 25Нужее къваригӏун вукӏиналда ракӏчӏун бугелъул, дида лъала дун нужеда киназдаго цадахъ хутӏилевлъи, нуж тӏоритӏизеги иманалъ нуж рохизаризеги. 26Гьедин дун нужехъе тӏадвуссараб мехалъ, нужее цоги гӏилла букӏина, Гӏиса Масихӏидеги цолъун, дун сабаблъун ккун, чӏухӏизе.

Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде!

27Воре, Масихӏил Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде. Дие рагӏизе бокьилаан, дун гьенив вугониги гьечӏониги, Рохалил хабаралда божиялъе гӏоло цо хӏал ккун чӏун цадахъго къеркьолел ругин нужилан. 28Тушбабаздехун кидаго бахӏарчилъи бихьизабе. Гьеб гьезие буго хвалде иналъул гӏаламат, нужее буго тархъанлъиялъул гӏаламат. Аллагьасдасанлъидал гьеб бачӏунеб бугеб! 29Масихӏидалъун нужехъе рещтӏун бугелъул, гьесде иман лъей гуребги, гьеб сабаблъун нужее кьезе бугеб гӏазаб-гӏакъубаги. 30Дир гӏадинаб къеркьеялъулъ гӏахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагӏулебги буго.

Copyright information for AvaIBTNT