Philippians 2
Масихӏидаса мисал босе
1Масихӏиде цолъиялъ нужелъе къвакӏи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракӏбатизабулебги бугони, Илагьияб Рухӏалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхӏел-рахӏмуги бижун батани, 2дун гьелдаса цӏакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухӏги букӏине, нужеца цого пикрабиги гьаризе. 3Дун лъикӏав-тӏокӏавилан цояв, дун жеги лъикӏавилан цогидав лъугьунге. Нужго гӏодорегӏан гьарун, цогидал нужедаса лъикӏаллъун рикӏкӏе. 4Цохӏо дурго мунагьаб напсалъе гӏоло квалквадичӏого, цогидазе гӏологи квалкваде. 5Масихӏ Гӏисалъ букӏараб гӏадинаб пикру букӏа абе нужелъги.Гӏисаца живго гӏодовегӏанлъизавуна, Аллагьас гьев тӏадегӏанлъизавуна
6Аллагьлъи жиндилъ бугониги, Аллагьасда ващалъизе хӏаракат бахъичӏо гьес. 7Живго гьитӏинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чӏана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав 8гьес живго гӏодовегӏанлъизавуна хвалиде гӏунтӏунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутӏигӏлъана гьев. 9Гьединлъидал Аллагьас гьев тӏадегӏанлъизавуна, цогидазулалдаса тӏадегӏанаб кьуна гьесие цӏарги. 10Гӏисал цӏаралда цебе наку чӏван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. 11Гӏиса Масихӏ Тӏадегӏанав вукӏин чӏезабун, щибаб мацӏалда кӏалъалез рецц гьабила нилъер Эмен – Аллагьасе.Цӏваби гӏадин, нужго кенчӏезе...
12Гьале, дир хириял, дун гьенив вугеб мехалъ нуж дие мукӏурал рукӏиндал, дун гьениса индалги дагьабги цӏикӏкӏараб мукӏурлъигун ва Аллагьасукьа хӏинкъун хӏалтӏе нужго хвасарлъиялъе гӏоло. 13Жиндаго лъикӏ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги. 14– 15Гьаб мекъаб-тӏекъаб наслуялда гьоркьоб нужеца абадияб гӏумруялъул хӏакъалъулъ хабар тӏибитӏизабулеб бугеб мехалда, зигардичӏого ва дагӏбадичӏого тӏуразаре нужер киналго ишал, бецӏаб сардилъ цӏваби гӏадин, нужго кенчӏезе, мунагь-хӏакъ гьечӏеллъунги, гӏайиб-хатӏа гьечӏеллъунги, Аллагьасул рацӏцӏадал лъималлъунги нужго лъугьине. 16Гьедин гьабуни, Масихӏ вачӏараб къоялъ дун нужедаса чӏухӏила, векерун чӏалде щвезе бахъараб дир хӏаракат ва захӏмат гӏадада ккечӏилан. 17Хирияб бакӏалда лъураб хъабиниса чагъир гӏадин, дир би нужер божи-иман сабаблъун гӏодобе тӏолеб бугониги, дун вохун вуго, нуж киназдаго цадахъ вохун вуго дун. 18Нужги роха, дида цадахъ роха нужги!Тимофейги Эпафродитги
19Дир хьул буго Тӏадегӏанав Гӏисал цӏобалдалъун кватӏичӏого нужехъе Тимофей витӏизе, нужер рахъалъ гьесдасан цӏияб хабарги лъан, дирги ракӏ тирхизе. 20Гьевгӏан диргун хӏал бащадав чи цониги гьечӏо. Ракӏ-ракӏалъго нужер киналго ишазе кумекалъе хӏадурав чиги вуго гьев. 21Цогидазин абуни, Масихӏ Гӏисаесеб гуреб, жидеегосеб балагьула. 22Нужеда лъала гьев кьучӏав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гӏоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гӏадин, хӏалтӏаравлъиги. 23Гьединлъидал, дир иш кин ккелебали лъарабго, гьев нужехъе витӏизе хьул буго дир. 24Тӏадегӏанас дир ракӏчӏезабулеб буго кватӏичӏого нужехъе вачӏине диеги рес ккелилан. 25Цинги хӏукму ккана гьанив дида цадахъ хӏалтӏарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хӏажалъулеб хъулухъалъе нужеца витӏун вачӏун вукӏарав Эпафродит тӏадвуссун нужехъе витӏизе. 26Кутакалда нужеде ракӏ щун вуго гьев, жив унтун вукӏин нужеда лъан бугилан цӏакъ къваридгоги вуго. 27Хӏакъикъаталдаги хвалде ккун унтун вукӏана Эпафродит, амма Аллагь гьесда гурхӏана, гьесда гуревги, дидаги гурхӏана, – къварилъиялда тӏадеги къварилъи биччачӏо Аллагьас диде. 28Гьединлъидалин гьев тӏадвуссун витӏизе хӏукму гьабизе дун гӏедегӏарав: нахъеги гьев вихьун нужер рекӏелъ рохелги цӏикӏкӏина, дир рекӏел къварилъиги чучила. 29Бетӏергьанас витӏарав чи гӏадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гӏадамазул хӏурматги гьабе, 30щайгурелъул Масихӏил ишалъе гӏоло рухӏ кьезе хӏадурго хвалде гӏагарлъун вукӏана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечӏеб нужер рес бецӏизе бокьун.
Copyright information for
AvaIBTNT