‏ Philippians 3

Къанунал тӏуразариялъ чи ритӏухълъуларо

1Гьанже, вацал, Тӏадегӏанасде цолъун, рекӏелъ рохел цӏикӏкӏаги нужер.

Цого жо гӏемер бицине диени захӏмалъиларо, амма нужер рекӏелъ гьеб дагьабги щулалъизе бокьун буго.
2Воре, гьел гьабзаздаса цӏуне нужго, квешлъи гьабулездасаги цӏуне, инсанасул лага къотӏун рехулездасаги цӏуне! 3Нилъецайин унго-унгояб сунат цӏунулеб бугеб, – Илагьияб Рухӏалдалъун Аллагьасе гӏибадат гьабулеб бугелъул нилъеца, Масихӏ Гӏисадалъун нилъ чӏухӏунги ругелъул ва тӏасан бихьулелъул хӏакъалъулъ гӏадатазде мугъ чӏвалебги гьечӏелъул. 4Гьел гӏадатазде мугъ чӏвазе лъиданиги ракӏалде ккун батани, цогидазеялдасаги цӏикӏкӏун гьелъие ихтияр бугеб дир! 5Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутӏаздаса жугьутӏавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукӏарав дун, 6иман лъуразул агьлуялъе гӏазаб-гӏакъуба кьезе цӏакъго хӏаракатги бахъулеб букӏараб дица. Къанунал тӏуразарурав чи Аллагьас ритӏухъавлъун рикӏкӏунев вукӏаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукӏана. 7Амма дие тӏокӏлъи-хайирлъун букӏарабщинаб зарал-зиянлъун рикӏкӏуна дица гьанже, Масихӏиде иман лъун хадуб. 8Гьебали щиб гурин, хӏатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикӏкӏуна дица, дир Тӏадегӏанав Масихӏ Гӏиса дидаго вичӏчӏун лъаялъул тӏокӏлъи-хайиралда данде ккуни. Масихӏ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, – рищни-къуллъун рикӏкӏуна дица гьеб кинабго. 9Къануналда нахъвилълъун дие щвезе букӏаралдалъун гуреб, гьесде иман лъеялдалъун рикӏкӏана Аллагьас дун жиндие ритӏухъав чилъун. Инсанасул божи-иманалъухъ балагьун гьабула Аллагьас гьедин. 10Дир цохӏо мурад буго: Масихӏги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, Масихӏил гӏазаб-гӏакъубаги диего гӏахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине! 11Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине!

«Цебе букӏарабги кӏочон тун, дун цевехун къавукъунев вуго»

12Шапакъатги щун бугин ва тӏубанго вацӏцӏалъунги вугин абизе бокьун гьечӏо дие. Амма дун чӏалде къавукъунев вуго, Масихӏ Гӏиса дидаса бергьарав гӏадин, бергьине бокьун. 13Дие бергьенлъи щун бугилан абизе кӏоларо, вацал, дида. Дица абила, нахъехун хутӏарабги кӏочене тун, дун цевехун къавукъунев вугин, 14чӏалде цеве кӏанцӏулев вугин, бергьенлъиялъул шапакъат щвезе бокьун бугин. Масихӏ Гӏисадалъун дун Аллагьас зобалазде ахӏулев вуго гьеб шапакъат босизе. 15Гьединаб пикру букӏине ккола киналго нилъер иман камиллъарал гӏадамазул. Гьелдаса батӏияб пикру нужер бугеб батани, Аллагьас бихьизабила нужеда кинаб пикру битӏараб бугебали. 16Амма гьанжелъагӏан нилъее щварабги щулаго ккун хьвадизе ккола нилъ. 17Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье. 18Гӏемерисел хьвадулел ругелъулха Масихӏил хъанчил тушбаби гӏадин. Гьелъул хӏакъалъулъ дица нужеда гӏемер бицун букӏана ва гӏодилаго гьанжеги бицунеб буго. 19Гьезул ахир – жужахӏ буго, гьезул «аллагь» – чехь буго. Гьел чӏухӏулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез. 20Амма нилъер ватӏан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏ гьенисан вачӏиналъухъ урхъун руго нилъ. 21Гьес нилъер загӏипаб ва хвалие мутӏигӏлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тӏад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун Масихӏица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда.

Copyright information for AvaIBTNT