‏ Philippians 4

Павелил насихӏатал

1Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чӏухӏиги руго нуж. Тӏадегӏанав Гӏисал нухдаса кьуруге, хириял! 2Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, Тӏадегӏанасе гӏоло, рагӏи данде ккезабейилан, яцал гӏадин рукӏайилан. 3Дида цадахъ цо рукьалда ван вукӏарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва Гӏумруялъул Тӏехьалда жал рехсон ругел цогидал гӏадамазго гӏадин, гьей кӏиялъгоги хӏаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тӏибитӏизабизе.

4Тӏадегӏанасде нуж цолъун рукӏиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса!

5Нужер сабруяб хӏеренлъи киналго гӏадамазда лъазе биччанте. Тӏадегӏанав нужеда аскӏов вуго. 6Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хӏажалъи нужер рекӏелъ бижун бугебали дугӏадулъ загьир гьабун. 7Аллагьасдасан рещтӏунеб ва гӏадамасул гӏакълу хадуб гӏунтӏуларебгӏан тӏадегӏанаб хӏалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракӏазулъе. Масихӏ Гӏисал нухдаса таруларедухъ цӏунила гьелъ нужер ракӏалги пикрабиги.

8Ахиралдаги, вацал, нужер рекӏелъ рукӏине риччанте хӏакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритӏухъабщиналъулги, бацӏцӏадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахӏикъабщиналъулги, – кинабго лъикӏабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби. 9Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагӏарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукӏина нужеда цадахъ.

Сайигъатазухъ баркала кьолеб буго Павелица

10Гӏемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракӏалде щведал, Тӏадегӏанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечӏолъи гурони, гьанжелъагӏанги нужеда кӏочон тун вукӏинчӏевлъи лъала дида. 11Сундениги хӏажат вукӏун гуро дица гьедин абулеб бугеб, – кинаб ахӏвал-хӏалалде кканиги, гьелдаса ракӏ разилъизе ругьунлъун вуго дун. 12Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. Гӏорцӏиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечӏолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун. 13Кинабго хӏехьезе къуват кьуна Тӏадегӏанас дие.

14Кин бугониги, гьаб къварилъиялда вугев дие нужеца кумек гьаби лъикӏ ккана. 15Нужеда – Филиппиялъул гӏадамазда – лъикӏго лъала, Македониялдаса араб мехалъ, цохӏо нужедасан гурони, иман лъуразул цогидаб агьлуялдасан дие хайирги заралги букӏинчӏеблъи. Гьеб букӏана Рохалил хабар тӏибитӏизабизе байбихьараб заман. 16Фессалоникаялда дун къваридго вугеб мехалдаги чанги кумек гьабуна нужеца дие. 17Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин! 18Нужеца Эпафродитихъ битӏун бачӏарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гӏунги тӏокӏ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букӏине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махӏ гьуинаб кьеккенлъун
Аллагь разилъулеб ишлъун рикӏкӏунаан гьуинал махӏал рахъинаризе кьеккен гьаби.
.
19Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригӏанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун Масихӏ Гӏиса кӏодолъи загьирлъизе. 20Абадул абадиялъго рецц буго нилъер Эмен – Аллагьасе! Амин!

Цогидазулги саламал

21Салам бице Масихӏ Гӏисаде цолъун рацӏцӏалъарал киназдаго. Гьанир дида аскӏор ругел диналъул вацазул салам буго нужеде. 22Нужеде салам буго киналго рацӏцӏалъаразул, хасго къайсарасул кӏалгӏаялъур ругезул.

23Тӏадегӏанав Гӏиса Масихӏил баркат лъеги нужер гӏумруялда!

Copyright information for AvaIBTNT