Revelation of John 1
Гӏиса Масихӏидалъун загьирлъарал ишал
1Кватӏичӏого ккезе бугелъул хӏакъалъулъ жиндирго лагъзадерида лъазабизе Аллагьас Гӏиса Масихӏидалъун загьир гьарурал ишазул бицунеб буго гьаб тӏехьалда. Гьесги гьел ишал, малаикги витӏун, жиндирго лагъ Иоанниеги загьир гьаруна. 2Иоанница нугӏлъи гьабула жиндаго бихьанщиналъе – Аллагьасул рагӏиялъе ва Масихӏ Гӏисаца загьир гьабурабщиналъеги. 3Гьардарал гурелдай Аллагьасдасан рещтӏараб гьеб калам рагӏун цӏаларавги, гьелъухъ гӏенеккаралги, жидеца гьеб каламалъул амруял тӏуразаруралги. Гьаб тӏехьалда бицунеб бугебщинаб лъугьине заман щолеб бугелъулха!Саламалъул рагӏаби
4Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагӏаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хӏакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кӏудияв малаикасул 5ва ритӏухъав нугӏлъунги вугев, хваралъусаги тӏоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахӏ Гӏиса Масихӏил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацӏцӏад гьаруна, 6жиндирго Инсул – Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахӏлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хӏалкӏолъиги къудратги! Амин. 7Гьале, накӏкӏаздаги рекӏун, вачӏунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гӏодила. Гьедин букӏина. Амин. 8Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хӏакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав Бетӏергьанас.Гӏадамил Лъимада релълъарав чи
9Дун вуго, Гӏисадехун цолъун, нужеда цадахъ гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахӏлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагӏи тӏибитӏизабуралъухъ ва Гӏиса Масихӏие нугӏлъи гьабуралъухъ тамихӏалъе дун витӏана Патмос абулеб чӏинкӏиллъиялде. 10Тӏадегӏанасул къоялъ ▼▼Иман лъуразул агьлу Аллагьасе гӏибадаталъе данделъулеб гьатӏан къоялъ.
Илагьияб Рухӏалъ асар гьабуна дие – мугъзада нахъасан ахӏулеб рагӏана: 11«Дуда бихьулеб бугеб жо тӏанчазда хъвай ва иман лъуразул анкьабго жамагӏаталде: Эфесалде, Смирнаялде, Пергамалде, Тиатираялде, Сардисалде, Филадельфиялде ва Лаодикеялде битӏе». 12Дун нахъехун вуссана, дида рагӏулеб бугеб гьаракь лъилали лъазе. Нахъехун вуссиндал, дида бихьана анкьго меседил чирахъ. 13Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан Гӏадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тӏад букӏана хӏатӏазде щвараб гӏаба ва карандасан борчун букӏана меседил рачел. 14Квас кинигин хъахӏаб букӏана гьесул ботӏрол рас. Бералги цӏалъун кенчӏолел рукӏана. 15Цӏадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукӏана хӏатӏал. Лъадал кӏудияб чвахелоялъул гӏадинаб букӏана гьаракьги. 16Гьесул кваранаб хъатикь букӏана анкьго цӏва. Гьесул кӏалдиса къватӏибе бачӏунеб рагӏиги релълъунаан кӏибалаб ва рекӏараб хвалченалда. Къалъул гӏужалда бакъ гӏадин гвангъун букӏана гьесул гьумерги. 17Хварав чи гӏадин, гьесул хӏатӏазда цеве гӏодов ккана дун, гьесда бер чӏварабго. Кваранаб кверги дида тӏад лъун, гьес абуна: «Мун хӏинкъуге. Дун тӏоцевесевги ахирисевги вуго. 18Дун чӏагояв вуго. Хун вукӏарав дун гьале абадул абадиялъего чӏаголъун вуго. Дихъ буго хвалилги хварал ругеб бакӏалъулги кӏул. 19Дуда бихьизабурабщинаб – гьанже ккарабги ва хадуб ккезе бугебги – хъвай дуца. 20Дир кваранаб хъатикь дуда бихьулеб анкьго цӏваялъулги анкьго меседил чирахъалъулги балъголъи гьадинаб буго: анкьго цӏва ккола иман лъуразул анкьабго жамагӏаталда вугев чапар, анкьго чирахъги ккола гьеб анкьабго жамагӏат».
Copyright information for
AvaIBTNT