‏ Revelation of John 13

Ралъдалъа къватӏибе лъугьун бачӏараб жанавар

1Дида бихьана ралъдалъа къватӏибе лъугьун бачӏунеб жанавар. Гьелъул букӏана анцӏго лълъарги анкьго бетӏерги. Гьелъул лълъурдузда тӏад букӏана анцӏго таж. Бутӏрузда хъван рукӏана Аллагьасдехун гӏасилъи бихьизабулел цӏарал. 2Гьеб дида бихьараб жанавар цӏиркъалда релълъараб букӏана; цидул гӏадинал квачӏалги рукӏана гьелъул, гъалбацӏалъул гӏадинаб кӏалги букӏана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букӏана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги. 3Жанаваралъул цо бетӏералда хвалил ругъун бугилан кколеб букӏана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тӏолабго дуниял хӏайранлъун букӏана гьеб жанаваралъухъ балагьун. 4Гӏадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букӏана, гьелъ гьеб жанаваралъе хӏалкӏолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букӏана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечӏогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кӏолеб?»

5Аллагьасда дандечӏарал ва чӏухӏарал рагӏаби абизе кӏалги кьун букӏана гьелъие ва кӏикъоялда кӏиго моцӏалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букӏана. 6Аллагьасул цӏарги, гьев чӏараб бакӏги ва зобалазда ругелалги инжит-хӏакъир гьарун, гӏасиял жал рицине кӏал ричӏана гьелъ. 7Гьелъие хӏалкӏолъи кьун букӏана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацӏазда ва миллатазда тӏад хӏалкӏолъи кьун букӏана гьелъие. 8Хъун букӏараб Кьагӏрихъ бугеб гӏумруялъул тӏехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цӏарал хъван рукӏинчӏел гӏадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе.

9Гӏундул ругезда рагӏизе биччанте: 10«Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечӏого хутӏуларо. Хвалчаца чӏван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чӏван хвечӏого хутӏуларо».

Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букӏине кколеблъи бичӏчӏулеб буго гьел рагӏабаздасан.

Ракьалдаса къватӏибе лъугьун бачӏараб жанавар

11Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватӏибе лъугьун бачӏунеб. Кьагӏрил гӏадаб кӏиго лълъар букӏана гьелъул, амма аздагьо гӏадин кӏалъалеб букӏана. 12Доб тӏоцебесеб жанаваралда аскӏоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букӏана долъулго гӏадаб хӏалкӏолъи; тӏолабго дуниялги дуниялалда тӏад ругелщиналги гьелъ тӏамулел рукӏана жиндир бетӏералда букӏараб хвалил ругъун сахлъараб доб тӏоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. 13Гьелъ чӏахӏиял ва хӏикматал мугӏжизатал рихьизаруна, гӏадамазда бихьун, зодисан ракьалде цӏагицин бачӏана. 14Доб жанавар бугеб бакӏалда мугӏжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукӏана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букӏана, хвалчадул ругъун лъуниги чӏаго хутӏараб тӏоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. 15Гьелъие хӏалкӏолъи кьун букӏана тӏоцебесеб жанаваралъул сураталда рухӏ лъезабизе, хӏатта гьелда кӏал-мацӏ бижизабизегицин. Хӏалкӏолъи кьун букӏана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичӏел гӏадамал чӏвазаризеги. 16Киналго гӏадамазул – гӏисиназулги чӏахӏиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гӏуж лъезабуна гьелъ. 17Жанаваралъул цӏар яги гьелъул цӏар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гӏуж гьечӏесе ихтияр букӏунаро щибниги бичизе яги бичун босизе.

18Гьеб бичӏчӏизе ккани, гӏакълу къваригӏуна. Гӏакълу бугес, хӏисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цӏар бихьизабулеб тарих, – гьеб бугелъулха инсанасул цӏаралъулги тарих. Гьелъул цӏаралъул тарих – 666.

Copyright information for AvaIBTNT