‏ Revelation of John 15

Анкьго малаикги ахирисеб анкьго балагьги

1Цинги дида зодиб бихьана цоги цӏакъго кӏудияб ва хӏикматаб гӏаламат – ахирисеб анкьго балагьги босун вачӏунев вукӏана анкьго малаик. Гьел ахирисел рукӏана, щайгурелъул гьелдалъун лъугӏулеб букӏиндал Аллагьасул ццин бахъин. 2Дида бихьана жаниб цӏа рекӏараб цӏорол ралъадалда релълъараб бакӏ. Жанаваралдаса, гьелъул сураталдаса ва гьелъул цӏар бихьизабулеб тарихалдасаги бергьарал гӏадамал, Аллагьасе рецц гьабулел арфабиги кодор ккун, гьеб цӏорол ралъдада аскӏор чӏун рукӏана. 3Гьез ахӏулеб букӏана Аллагьасул лагъ Мусал кечӏ ва Кьагӏрил кечӏ: «Хӏалкӏолъи кӏудияв Бетӏергьан Аллагь, гӏажаибал ва чӏахӏиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахӏ, гьел дур нухал ритӏухъалги руго, хӏакъалги руго! 4Я, Бетӏергьан, дур цӏаралъукьа щив хӏинкъуларев? Ва гьелъие рецц гьабуларевги щив вугев? Мун гӏадин вацӏцӏадав цогиги гьечӏо. Ва дур судалъул хӏукмаби загьирлъидал, киналго халкъал рачӏун, гьабила дуе сужда!»

5Цинги дун валагьана, ва дир беразе зодиб загьирлъана Аллагьасул кӏалгӏа, гьелъул нуцӏа рагьун бугоан. Аллагь жанив вукӏиналъул гӏаламатлъун кколеб чадирги букӏана гьениб. 6Анкьго балагьги босун, гьеб кӏалгӏаялъуса къватӏиве лъугьун вачӏана анкьго малаик. Гьезда букӏана бацӏцӏадаб ва кенчӏолеб ретӏел, карандасан борчун букӏана меседил рачел. 7Цинги доб ункъабго рухӏчӏаголъиялъул цоялъ анкьавго малаикасухъе кьуна абадияв-даимав Аллагьасул ццидал цӏураб анкьго меседил щурун. 8Аллагьасул къудраталъулги хӏалкӏолъиялъулги кӏкӏуйдул цӏуна гьеб кӏалгӏа. Анкьго малаикасухъ бугеб анкьго балагь лъугӏизегӏан, лъиданиги кӏвечӏо гьеб кӏалгӏаялъуве лъугьине.

Copyright information for AvaIBTNT