Revelation of John 16
Аллагьасул ццидал цӏураб анкьго щурун
1Дида рагӏана гьеб кӏалгӏаялъусан кутакаб гьаракьалдалъун гьев анкьавго малаикасда абулеб: «Инеги ун, нужеца ракьалде чвалхе гьеб анкьабго щуруналъуб бугеб Аллагьасул ццин». 2Ва инеги ун тӏоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гӏуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гӏадамазул чурхдузда лъугьана цӏакъ захӏматал ва ракӏ гъанцӏулел ругънал. 3Кӏиабилев малаикас жиндирго щурун ралъдалъе чвалхана: чӏварав чиясул гӏадинаб биялде сверана ралъад, ва гьениб бугеб кинабго рухӏчӏаголъи хвана. 4Лъабабилев малаикас жиндирго щурун гӏораздеги лъадал иццаздеги чвалхана: гьелги биялде сверана. 5Ва лъадал малаикас абулеб рагӏана дида: «Гьаб дур суд ритӏухъаб буго, абадияв-даимав вацӏцӏадав Аллагь! 6Вализабазулги аварагзабазулги би гӏодобе тӏуралъухъ, дуца гьезда би гьекъезабуна. Цӏакъ битӏун ккана гьезие гьеб!» 7Къурбан хъолеб бакӏалда аскӏосан абулеб рагӏана дида: «Битӏараб буго! Цӏакъго ритӏухъабги хӏакъабги хӏукму къотӏана дуца, хӏалкӏолев Бетӏергьан Аллагь!» 8Ункъабилев малаикас жиндирго щурун бакъуде чвалхана. Ва гӏадамал цӏадуца рухӏизаризе ихтияр кьуна бакъуе. 9Гӏасияб бухӏи-гьелегьиналъул гӏазабалъукь рукӏана гӏадамал. Ва гьез нагӏана кьолеб букӏана киналго гьел балагьал жинда кодор ругев Аллагьасул цӏаралъе. Амма тавбу гьабичӏо гьез, ва Аллагьасе рецц гьабизеги кантӏичӏо. 10Щуабилев малаикас жиндирго щурун чвалхана жанаваралъул тахиде. Бецӏлъукье ккана гьелъул парччахӏлъи, ва унти-гӏазабалъул хӏал цӏикӏкӏиналъ, жидерго мацӏал хӏанчӏулел рукӏана гӏадамаз. 11Гьел жидеда тӏаде щварал гӏазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагӏана кьолеб букӏана гьез, амма жидер ишаздаса рекӏекълъичӏо, тавбуги гьабичӏо. 12Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кӏудияб гӏурулъе чвалхана, ва гьеб гӏурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахӏзабазе нухги рагьана. 13Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кӏалдисанги, жанаваралъул кӏалдисанги ва гьересиаварагасул кӏалдисанги къватӏибе лъугьун бачӏунеб. 14Гьел руго квешал жундул; гьез гӏаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тӏолабго дуниялалъул парччахӏзабазухъе, Хӏалкӏолев Аллагьасул кӏудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. 15Тӏадегӏанас абулеб буго: «Гьале дун цӏогьор гӏадин вачӏунев вуго. Гьардарав гуревдай тӏад ретӏелги ретӏухъе ворчӏуда чӏарав чи: гьев толохӏочго хьвадизе ккеларо ва гӏадамаздаса намуслъичӏого хутӏила». 16Гьел жундуз парччахӏзабазул боял данде ракӏарана жугьутӏазул мацӏалда Гьармагеддон абулеб бакӏалде ▼▼Жугьутӏазул мацӏалда Гьармагеддоналъул магӏна буго «Магеддон гохӏ». Палестинаялъул Магеддон абулеб бакӏалда ккана тарихалде гьоркьобе араб чанго рагъ.
. 17Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букӏараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кӏалгӏаялъуб бугеб тахида аскӏосан кутакаб гьаракьалдалъун: «Тӏубана!» – ян абулеб рагӏана дида. 18Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гӏадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букӏинчӏеб къагӏидаялъ багъарана ракь. 19Кӏудияб шагьар Вавилон лъабго бутӏаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тӏатӏала ккана. Гьедин Аллагьасда ракӏалде щвана кӏудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цӏураб щурун. 20Ва киналго чӏинкӏиллъаби лъутун ана, ва мугӏрулги ратичӏо. 21Зодисан гӏадамазда тӏаде бана щибалъул бакӏлъи кӏикъоялда анцӏго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гӏасилъи бихьун, гӏадамаз Аллагьасде гӏайиб гьабулеб букӏана.
Copyright information for
AvaIBTNT