‏ Revelation of John 18

Вавилон шагьар щущан ана

1Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтӏунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кӏудияб ихтияр, ва гьесдасан бачӏараб нуралъ гвангъун букӏана ракь. 2Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахӏана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтӏаби чӏараб бакӏлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хӏинчӏ бахчулеб бакӏлъун лъугьана гьеб. 3Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахӏбалъиялъул чагъир тӏолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахӏзабазгун цадахъ гьелъ хъахӏбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин».

4Дида рагӏана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гӏахьаллъунгутӏизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихӏалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватӏибе лъугьа мун. 5Гьелъул мунагьазул гьиразул гохӏ зодибе гӏунтӏун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракӏалде щун ругелъул! 6Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецӏе, гьелъ гьабунщинабги кӏиго бутӏаялде бахинабун бецӏе. Гьелъ чогърол цӏун кьураб лълъар, кӏицӏулго цӏезабун, кье гьелъие. 7Гьелъ жиндиего гьабулеб букӏараб рецц-бакъалдаги тӏалаб гьабулеб букӏараб хӏарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гӏазаб-гӏакъубаги къварилъиги рещтӏинабе гьелда тӏаде. Жий парччахӏ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чӏегӏерги баларин гьелда ракӏалде ккедал, 8цо къоялъ гьелде рещтӏина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев Бетӏергьан Аллагь къудратав вугелъул, цӏадулъ гъанкъила гьей!

9Гьелда рекӏараб цӏадул кӏкӏуй бихьидал гӏодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахӏбалъиялдаги хӏарамаб гьарзалъиялдаги рукӏарал дуниялалъул парччахӏзаби. 10Гьелде рещтӏараб гӏазаб-гӏакъубаялдаса хӏинкъун, рикӏкӏадаги чӏун: „Вай, вай, Вавилон – кӏудияб шагьар, щулияб шагьар, цохӏо сагӏаталда жаниб тӏубана дуе къотӏараб хӏукму“, – ян абила гьез.

11Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечӏелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магӏу гьабун гӏодулел руго. 12„Бичун унеб гьечӏо меседилги гӏарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тӏеренаб ххам, бецӏбагӏараб ххам, чиллайдул ххам, канчӏбагӏараб ххам, махӏгьуинаб цӏул, магьидул гьарурал батӏи-батӏиял тӏагӏелал, къвакӏараб къиматаб цӏулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи, 13гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чӏегӏербоцӏи, гӏи-цӏцӏани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гӏадамал. 14Дуда кодоса ана дур рекӏее рокьулел рукӏарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечӏо“. 15Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукӏарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтӏараб гӏазаб-гӏакъубаялдасаги хӏинкъун, рикӏкӏадегӏан чӏун гӏодила. 16„Вай, вай, кӏудияб шагьар, тӏеренаб дарай ретӏараб, бецӏбагӏараб ва канчӏбагӏараб ххам ретӏараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачӏараб шагьар! 17Цохӏо сагӏаталда жаниб хараблъана дур гьеб кӏудияб бечелъи“, – абун магӏу гьабила гьез.

Киналго гумузул бетӏергьабиги, киналго гумузда рекӏун рукӏаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетӏербахъаралги рикӏкӏада чӏун рукӏана.
18Гьелда рекӏараб цӏадул кӏкӏуй бихьун: „Гьададинаб кӏудияб шагьар киданиги кибниги букӏанадай!“– абун ахӏдана гьел. 19Ботӏроде рахъуги бан, гӏодилаго магӏу гьабуна гьез: „Вай, вай, кӏудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетӏергьаби, ва цохӏо сагӏаталда жаниб хараблъана мун“. 20Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, – гьелъ нужее гьабун букӏараб гӏадинаб хӏукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги».

21Цо къуватав малаикас кодобе босана кӏудияб гьобо гӏадинаб гьецӏо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кӏудияб шагьар Вавилон. Ва тӏокӏаб букӏинаро гьеб. 22Вай, Вавилон, тӏокӏаб рагӏиларо дуда арфа хъвалезулги, кочӏохъабазулги, щвантӏих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукӏинаро тӏокӏав дур, дур гьабазул сасги рагӏиларо тӏокӏаб. 23Дур чирахъазул канлъул кунчӏиги чӏваларо тӏокӏаб, бахӏарасулги бахӏаралъулги накъитги рагӏиларо тӏокӏаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тӏад къадруял чагӏи рукӏиндал ва дур сихӏру-хӏиллаялъ тӏолалго халкъалги къосинарун рукӏиндал, ккела гьеб гьедин. 24Гьеб шагьаралда тӏад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чӏваралщиназулги бидул хӏакъ».

Copyright information for AvaIBTNT